Анкалаевасул ичIабилеб бергьенлъиялдаса росуцоязул рохел

 

     Гьаб нухалъ сапаралъ дун ТIелекь росулъе ккана. Араб гьатIан къоялъ, 21 августалда рохалилаб дандеруссин букIана гьениб. UFCялъул речIчIухъан, квержубураб рагъул рахъалъ дунялалъул ва Россиялъул чемпион МухIамад Анкалаев ккола гьеб росулъа. Росдал жамагIаталъ гьесда хIурматияб дандчIвай гьабулеб бугин рагIун вахъун вукIана къватIиве. Газеталъул жакъасеб номералда нужее бицине бокьун буго гIицIго Анкалаевасул гуребги, ТIелекье унаго нухда бихьараб таралъул хIакъалъулъги.

   ТIелекь… Тарихалда жаниб жиндирго бакI ва хаслъи бихьизабураб росу буго гьебги. Гъаваталъул рагъул бухIиги гьекъараб, гъазизабазул хвалчадул чапиги рагIараб, ракъиги къечги, къваридал къоязул захIмалъи къулчIарал умумулги жаниб рахъараб магIарул росу.

Имам Шамилил гъазаваталъул рагъулъ гIахьаллъи гьабураб росу ккола ТIелекьги. 19 гIасруялда гьенибеги щвана пачаясул аскар, 1839 соналъ хIалуцарал рагъал рукIанин гьениран бицуна. У, гьебги букIана АхIулuохIда рагъ ккелалде цебе.

 

Умумузул яшав цIунараб росу

 

   МугIрулги щобалги къотIун, умумуз гIемер бокъараб нухги къотIун, лъелго ана дунги гьаб нухалда ТIелекье. Умумузул заманалъ кIудияб базар букIунаанин гьенибилан бицуна чIахIиял чагIаз. Доб заманалъ гьединал росаби гIемер рукIинчIо Дагъистаналда.

Гьонодаса дун къватIиве вахъиндал гьанжего-гьанже мугIрузда бакъ чIвалеб букIана. Анкьидасаги цIикIкIун заманалъ цIадалги рачIого рагьлихъ г1ащикъго бугеб гIурччинхералъ бечIазе квер бан бугоан. Гъагъадерилги нижерги гIорхъи байбихьулеб бакIалде щведал хIухьбахъизе дагьалъ лъалхъана дунги дир сапарцояв гьалмагъ МухIамадги.

  Гъагъадерил мегъ байбихьулеб сверуде щваралго хер бецулел руччабазда бер чIвана. Рогьалилъго харибакIаздеги щун, сонго бецун тун букIараб хер бегулел цоял, гIурччинаб ххарил квацIиги хъатикь ккун цогидал, гьел жидерго ишалде машгъуллъун ругоан.   

   Дагьал дорегIан щвейгун эркенго гIалахалде къотIун тарал гIисинал бачаздагун бугъбуздаги  речIчIана бер. Гъвансиялда гIурччинхер кваналел гьел, тохлъукье магъилъан цере раккун рачIарал нижехъ чIваркьун балагьун чIана.

   Гъагъадерил гIорхъиги тун, тIелкьадерил мегъ бихьулеб бакIалде щвана ниж цо сагIаталдаса. Бащадалги жеги рецичIого ругел харибакIазда накалде щолеб хер букIана жеги роол кьерги хисичIого беричаб куцалда. Нижеда дандеколел рукIана кIи-кIи, лъаб-лъаб хIамаги цебе къотIун, хер бакIаризе рачIунел руччаби. Гьанир-дора риххун рукIана тIелкьадерил кулал. Цоял риххун чIваданазде сверарал, цоял цIигьарун къачIан ругел гьез берцин гьабун букIана тIолабго сверухълъи. Гьениб букIана умумузул яшавалъул хутIел. Гьезул хIатIил лъакI, гьездаса чвахараб гIетIалъ лъалъарал сухъмахънухал рукIана додинго хисичIого. Гьеб киналъго ракI бохизабулеб, бер пана гьабулеб букIана гьеб гIадатиябин кканиги, берцинаб сураталъ. Дун вохун вукIана гьеб къоялдаса, гьел гIадамаздаса.

   ТIелекь росулъе жанире раккулагоги дандчIвана , умумузулго батараб магIишатада квал-квадулаго херлъарал тIелкьадерил руччаби. Гьезул сабурал гьурмазда щибниги чIухIи бихьулеб букIинчIо. РосурагIалда батараб къулгIадухъ лъел цIолей ятарай гIолохъанай ясалъ намусаб балагьиги гьабун, ниж лъим гьекъезе риччана. Гьелдаго аскIой ятарай ригь арай гIадан, урхъарал гьалбадерида гIадин гьикъа-бакъаризе лъугьана:

-РорчIами, дир лъимал, лъикI щварал дахIалал. Нух цIакъго халалъанищ нужее? ЛъикI щварал нижер росулъе. РачIая, рачIая лъеда хIухь базе. Халатаб сапаралдаса хадуб цIорораб лъеца гIадин свак сунцаго бахъуларин, — абун, гел цIун лъим бегьана гьелъ нижехъе.

  Гьеб киналъго дида ракIалде щвезабуна, чанго соналъ цеве, тIоцеве дун ТIелекье щвараб къо. Гьадинабго сурат букIана дир беразда цебе доб мехалъги. Гьадинабго роол къо букIана добги. Гьадиналго гIадатияб ракIалъул гIадамал дандчIван рукIана доб мехалъги дида.

ТIелкьадерил къваридал къватIалги  къокъун рачIунаго дица бер щвезабулеб букIана найил тIулби гIадин, цоцада тIатIала кколедухъ рарал гьезул минабазде. Басриябги биххун, цIиял санагIалъабазда рекъон, хисизабун бараб, ялъуни къачIараб цониги мина батизе гьечIо нужеда жакъа къоялъги гьениб. Кинабго цIунун буго умумуз гьабун батараб куцалъ.

КIицIулниги бухIараб росу ккола ТIелекь. ТIоцебесеб нухалъ гьеб букIана Шамилил рагъул заманалда. КIиабизе Хунзахъа ГIалихъиличица гъунин гьелад цIаян бицуна. Махщел бугел къадал устарзаби жаниса рахъараб  росуги буго ТIелекь. ЦокIалго, битIахъе сурат бахъараб гIадин берцинго гьарурал къадазул некIсияб магIарул минаялда аскIове щведал, гьелъ асир гьавичIого хутIизе рес гьечIо мун.

 

М. Анкалаевасул гIадатлъи, UFC ва «чемпионасул рачел»

 

    Гьединаб росу буго ТIелекь. Машгьурал къадахъабазул, тIимгъазул устарзабазул, пандрида кечI ахIизе бергьараб гьунар бугел кочIохъабиги жанир рахъараб. Гьанже цоги чияс рагIизабуна гьелъул цIар дунялалда.  У, гьев ккола МухIамад Анкалаев. UFCялъул речIчIухъабазда гьоркьоб жиндирго бакIги цIарги батизе кIвана гьесда. Гьабсаг1аталда гьесул даражаялъул речIчIухъаби гIемер гьечIин абизе бегьула. ХIабиб НурмухIамадовас UFCялъул ринг таралдаса гьесдехун буссанин абизе бегьула гIемерисел дагъистаниязулги пкиру. ГьанжелъагIан тIоритIарал дандчIваязда ичIго нухалъ бергьенлъи босана МухIамадица. ИчIабилеб бергьенлъи гьесие щвана дагьаб цебегIан, СШАялъул речIчIухъан Энтони Смитги къезавун.

  МухIамадида иргадулаб бергьенлъиги баркизе, гьесдаса бугеб рохелги загьир гьабизе дандеракIарун рукIана тIелкьадерил жамагIат араб гьатIан къоялъ.

    Ниж тIаде щведал гьанжего гьанже байбихьун батана гьеб тадбир. Школалъул азбар бакьулъ рекъезарун лъурал столазда нахъа гIодов чIун вукIана чанго чи. Дида лъалел чагIазда гьоркьов гьенив вукIана шагIир КъурамухIамад МухIамадов. Киназдаго бакьулъ гIодов чIун вукIана, чIегIарал цIоробералги ран, бахине тараб магжица бащдаб гьумерги бахчарав МухIамад Анкалев. Росуцояз жиндирго рахъалъ абулел хинал, гьайбатал рагIабаца намуслъизавун, гIоове къуларав эехеде ворхулев вукIинчIо, UFCялъул рингазда чанги щват бугеб лагаялда наку чIвазабурав, лебалав багьадур. Киналго кIалъан рахъун хадуб жиндего рагIи кьедалги гьес абуна:

    — Нужеца дун хIаталдаса ун нечезавуна жакъа. Баркала, ракI-ракIалъулаб, гьадинаб хинаб, гьарзаяб дандчIваялъухъ. Дида лъала унжер киназго дие дугIа гьабулеблъи. Гьелъ къуват кьуна дие гьанжелъизегIан дандиясда тIад бергьенлъи босизе, гьалдаса хадубги дун гьеб дугIа-алхIамалъ ва нужер божилъиялъ рехун теларо, — ян абун.

    Росдал нухмалъулев Г1абдурах1ман-х1ажи Мух1амадрасуловас жамагIаталъул рахъалдаса къиматал сайгъатал кьун кIодо гьавуна МухIамад.

Хадуб букIана тIагIамаб кванил тепси. МагIарул хинкIалги, кьарияб мохмохил гьангун  нусго батIияб нигIмат тIад тIибитIараб столалде нахъа ахIана гьалбал.

    «ХIакъикъаталъе» гьитIинабго гара-чIвариги кьуна Анкалаевас. Бицана жиндирго лъимерлъиялъул, спорталъул рорхалъаби квегъизе байбихьараб куцалъул, UFC ялъул къецазде живго вачIараб нухалъул ва цогидабиги.

— МухIамад, социалиял сетазда ва гьеб тун къватIибехунги хабар букIана, UFCялъул чемпионасул рачел щвезе дуе квал-квал гьабулеб бугин цо-цо чагIаз. БитIараб бугищ гьеб?

    — Ургъун рахъун дие квал-квалал гьарулел ругин гьез (UFC) -илан абизе дида кIоларо, гьелъул щибниги хIажалъи бихьулеб гьеч1о. ЦIакъго понцIозарун ругин ккола гьел харбалги. Дирго цIайиялда (93 кг), гьанжелъагIан дица босана 9 бергьенлъи. Дир гIадаб бакIаб цIайиялда гьебгощинаб нухалъ бергьенлъи босарав чи жеги ккун вукIинчIо, кIиго, я лъабго нухалъ бергьун хадур, «рачел» (чемпионасул пояс) цIунизе унаан киналго спортсменал. Дие дагьаб цIа-цIалеб бугоха UFCялъул нухмалъиялъ гьеб рес, цIа-цIаян абеха. ИншаАллагь дун тIасабищараб нухдаса таризе гьечIо, «рачелги» Аллагьас хъван батани дие щвезе буго, гьеб киназдаго бихьила.

— ХIабибица (НурмухIамадов) тана кIудияб спорт. Нужер бухьен букIунищ ва цере гIемерал дандчIвалаанищ нуж?

   — Бухьен буго, букIинарищха. Ахирисеб дир дандчIваялда цевеги, дие икъбалги гьарун, телефоналдаса кIалъан вачIун вукIана ХIабиб. Амма UFCялъул къецазда цохIо нухалъ гурони ниж цадахъ ккечIо. Гьеб букIана ХIабиб ахирисеб нухалъ цевевахъараб, Абу-Дабиялда букIараб турнир, — илан бицана МухIамад Анкалаевас.

Гьеб бакIалда нижер накъит гьоркьоб къотIизабуна тIаде рачIарал чагIаз. Машгьурав росуцоявгун цадахъ сурат бахъизе ирга щоларого ругоан тIелкьадерил гIисинал гIолохъаби. Киназего бокьун букIана гьесул квер бачине, гьесда аскIор эхетун сэлфи гьабизе. РечIчIухъанас лъиениги инкар гьабулеб букIинчIо.

    Гьединаб букIана ТIелекь МухIамад Анкалаевасул хIурматалда гIадамал данделъараб къо. ЛъикIаб къо букIана гьеб. Гьениса дун ана умумузул бахIарчияб бидул ирсилал магIарухъ жакъа чIаго ругин ва гьезул рекIел къвакIиялъ жеги чангиязул гьодораб чIухIи кIихIи бекизе бугин абураб щулияб пикругун. М. Анкалаевасе тавпикъ кьеги спорталъул цIиял рорхалъабииги квегъун, UFCялъул рингазда магIарулазул лебаллъиги  тирилъиги щиб кколебалиги бихьизабун, континентал жеги чанцIулго асир гьаризе.

Ашахан Юсупов, ТIелекь-Гьонода-МахIачхъала