WOLNIK лигаялъ бищунго къуватал данде гьаруна

 

   Щуабилеб декабралда Каспийскиялда тIобитIана эркенаб гугари­ялъул рахъалъ WOLNIK 7 турнир. Исана гьелда цере рахъана дуня­лалдаго цIар рагIарал, къуватал гугарухъаби. ХIатта Олимпиялъул чемпион Кайл Снайдергицин цеве вахъине кколев вукIана Каспий­скиялъул ГIали ГIалиевасул цIаралда бугеб спортивияб комплексал­да. Амма дандияв, ГIалихан ЖабрагIилов унтиялда бан гугариялъул фанатал балагьун чIун рукIараб гьеб къеркьей букIинчIо. Гьанибго абун тела, Снайдер гугаризе вуго 10-12 декабралда Хасавюрталда букIине бугеб халкъазда гьоркьосеб турниралда.

 

  ТIоцере ургуялде рахъана WOLNIK лигаялъул чемпион ГIиса Муталимовгун Северияб Осети­ялдаса речIчIухъан Феликс Туа­ев. Гьел гугарана 28 кг цIайиялда. 16:2 хIисабгун бергьарав асатIинас дагъистаниясухъа лигаялъул чем­пионасул рачел нахъе босана.

  Гьездаса хадур цере рачIана Рос­сиялдаго машгьурав речIчIухъан, «Лучше всех!» шоуялъул гIахьалчи МухIамадрасул МухIамадов ва Дагъистаналдаса цоги гугарухъан Эскандер Дагиров. Гьез къуват бор­цана 38 кг цIайиялда. Лигаялъул чемпионлъун МухIамадрасул вахъ­ине вукIиналда лъилго щаклъи­цин букIинчIо. Амма Дагировасул гугариялъ комплексалда рукIарал хIикмалъизаруна. 8:0 хIисабгун къезавуна къуватав МухIамадрасул гьес.

  Хадуб дагь-дагьккун ургуял­де рачIине байбихьана чIахIиял цIайиязда гугарулел спортсменаз. 65 кг цIайиялда дагъистанияв, хал­къазда гьоркьосел турниразул при­зер Рамазан Ферзалиев дандчIвана К а б а р д и н о -Б а л к а р и я л д а с а речIчIухъан, дунялалъул чемпиона­талъул призер ИсмагIил Мусукаев­гун. 5:7 хIисабгун хIалуцараб къер­кьеялда чIел босана Мусукаевас.

  Гьебго 65 кг цIайиялда дагъиста­нияв, дунялалъул чемпионаталъул мазгарул призер АхIмад Чакаев гугарана Туваялдаса спортсмен, гIолилазда гьоркьов дунялалъул ва Европаялъул чемпион Начын Ку­уларгун. Гьеб къеркьеялдаги 6:3 хIисабгун бергьенлъи босана нилъер ракьцояс.

   79 кг цIайиялда дагъистанияв, халкъазда гьоркьосел турнира­зул призер Шамил МухIамадов дандчIвана Гуржиялдаса речIчIухъан, гIолилазда гьоркьов дунялалъул чемпионаталъул призер Николай Грахмезгун. 11:7 хIисабгун тIокIлъи бихьизабуна дагъистани­яс.

   Гьебго 79 кг цIайиялда гьаб ну­халъ ургуялде рахъана ММАялъул речIчIухъаби, дунялалъул чемпи­онал дагъистанияв Мурад Мача­евгун чачанав Юсуф Раисов. Гьеб дандчIваялъул хIасил ккана 8:8, амма судияз бергьенлъи кьуна ахи­ралда балл босарав Раисовасе.

  WOLNIK лигаялъул ахири­себ къеркьеялда Осетиялдаса гу­гарухъан, халкъазда гьоркьосел турниразул чемпион ва призер Хетаг Цаболов дандчIвана Аме­рикаялъул Цолъарал Штатаздаса спортсмен, халкъазда гьоркьосел турниразул призер Жейсон Нолф­гун. 9:16 хIисабгун асатIинасда тIад ракIчIараб бергьенлъи босана аме­риканас.