Гьужумалъулазул сияхIалда тIоцевесев

 

  Иргадулаб нухалдаги дандиязул кавабахъе голал кьабуна Дагъистаналдаса футболист ХIамид Агъаларовас. РПЛалъул 15-абилеб туралда гьев хIалеб «Уфа» команда дандчIвана «Ростовгун». ТIоцебесеб гол Агъаларовас дандиязул кавабахъе кьабуна тIоцебесеб таймалда. КIиабилелдаги гьев гIакIадул майданалда гIодов ккезавуна «Ростовалъул» футболистас ва гьелъул хIасилалда судияс «Ростовалъул» кавабахъе пенальтиги бихьизабуна. Гьеб дандиязул кавабахъе кьабун хадуб, 13 голгун РПЛалъул бомбардиразул сияхIалда тIоцебесеб бакIалде вачIана дагъистанияв. КIиабилеб бакIалда 10 голгун вуго Санкт-Петербургалъул «Зенит» командаялъул гьужумалъулав Артем Дзюба.