Аскариязда гьоркьов  дунялалъул чемпион

 

 

   Тегераналда букIараб эркенаб гугариялъул рахъалъ аскариял хъулухъчагIазда гьоркьоб дунялалъул чемпионаталда меседил медалалъе мустахIикълъана Дагъистаналдаса спортсмен МухIамад КъурбангIалиев. Гьес тIоцебесеб бакI ккуна 74 кг цIайиялда. Ираналъул тахшагьаралда КъурбангIалиев ургуялде вахъана лъабго нухалъ.

  Гьес балл кьечIого къезаруна Шри-Ланкаялдасагун Армениялдаса речIчIухъаби. Финалияб къеркьеялдайин абуни, турниралъул хважаин къезавуна дагъистанияс 1:4 хIисабгун. МухIамад КъурбангIалиев ккола эркенаб гугариялъул рахъалъ дунялалъул ва кIицIул Европаялъул чемпион. Гьев цеве вахъуна Москваялъул ЦСКА клубалъул рахъалдасан. Ираналдаса Россиялъул тIаса бищараб команда тIад буссана кIиго меседил ва кIиго гIарцул медалалгун.