Живго жинкьаго къуна

 

 

Сочиялда букIараб жубараб речIчIухъанлъиялъул рахъалъ AMC Fight Nights 104 турнира­лъул аслияб къеркьеялда МухIамад ИсмагIилов дандчIвана Владимир Минеевгун. Дагъистанияс дандияв тIоцебесеб кIиго раундалда лъикIго вухана. Амма лъабабилеб раундалда МухIамад свакана ва къеркьеялъул сурат тIубанго хисана. ТIокIлъигун вагъулев вукIарав дагъистанияс байбихьана нахъе къазе ва раунд лъугIилелде тату хун гIодов ккана.

Къеркьеялдаса хадуб турнир бачунев вукIарав Лаша Чургулияца тIоцебе рагIи кьуна МухIамад ИсмагIиловасе. ЛъикIаб шоуялъухъ гьес, тIоцебесеб иргаялда, баркала загьир гьабуна промоушеналъул нухмалъиялъе ва гьединго Минеевасе.

«Дун гьаб къеркьеялде лъикIго хIадурлъун вукIана. ТIоцебесеб кIиго раундалда нужеда бихьана октагоналда букIараб ахIвал-хIал ва щив-кин вагъулев вукIаравали. Амма лъабабилеб раундалда щиб ккарабали лъаларо, рухI лъугIана, свакана. Гьеб батизе бегьула турниралде хIадурлъулаго риччарал гъалатIазул хIасил. Аллагьас лъи­кIаб хъван батаги. Хадур рихьила», — ян абуна М. ИсмагIиловас.

Минеевасул рагIабазда рекъон, МухIамад вукIинчIевани, AMC Fight Nights 104 турнир гьедигIан гван­гъараб ва лъикIаб лъугьине бу­кIинчIо.

«МухIамадида лъала турнира­лъул шоу гьабизе, цIикIкIун гIа­дамал гьелда гъорлъе цIазе. Гьесулгун букIараб дандечIеялъ гIемерал ресал кьуна, нухал рагьана дие. Баркала буго гьесие киналъухъго. Гьединго баркала буго промоушеналъе, тренеразе ва киналго рахъкколезе», — ян абуна В. Минеевас.

Турнир лъугIун хадуб букIараб пресс-конференциялда МухIамад ИсмагIиловасул вац ва тренер Рамазаница лъазабуна МухIамад ва Владимир цоги нухалъ дандчIвазе бегьулин. «Киназдаго бихьана Му­хIамад къеркьолев вукIараб къа­гIида, гьес Минеевасда тIад бихьизабулеб букIараб тIокIлъи. Амма лъабабилеб раундалда кка­раб жо бичIчIичIо. Нижеда ра­кIалда букIана гьалдалъун жубараб речIчIухъанлъиялъулгун къо-лъикI гьабизе. Амма Минеевасе бокьун буго лъабабилеб нухалдаги Исма­гIиловгун дандчIвазе. Хадубккун щиб гьабилебали ургъизе руго ва кватIичIого киназдаго лъазабила», — ян абуна гьес.

ГIемерисел экспертаз рикIкIунеб буго, ИсмагIилов Минеевасдаса гурев, живго жинкьаго къунилан. Гьедин ккезеги ккана. КIиго раундалъ МухIамадил гьурмалъ я зар щвезабун, ялъуни гьев гIодов тIамун бажаричIо Владимирихъа. Абизе бегьула, лъабабилеб раундалдаги октагоналъул чIабаралда гьев свакаялъ живго щапун гIодов кканин.

 

* * *

Хадусеб къоялъ Сочиялдаго тIобитIана ХIабиб НурмухIамадовасул EFC промоушеналъул ирга­дулаб турнирги. Гьелъул аслияб къеркьеялда Дагъистаналдаса Артур ХIусенов дандчIвана bellator лигаялъул экс-чемпион Алек­сандр Шлеменкогун. Регламенталда бихьизабураб лъабабго раундалда къеркьана спортсменал. ЦIакъ цIодорго рагъулел рукIана гьел ва цонигиясе абизегIанасеб зарал ккечIого лъугIана къеркьей. ХIасилал гьаридал, судияз бергьенлъи кьуна Шлеменкое.

Темирхан ХIасанов