Къурбанил МухIамадил хIурматалда – турнир

 

 

     30 маялда Гъуниб районалъул Гьонода росулъ тIобитIана, араб соналъ нилъедаса ватIалъарав, Афгъанистаналъул рагъул гIахьалчи МухIамад Къурбановасул хIурматалда районалъул волейболалъул турнир. Волейболалъул турнир тIобитIиялъул хIаракатчилъун вукIана Гьонодаса меценат, ООО «Габенострой» фирмаялъул директор ГIабдулнасир Чупанов. ГIуцIиялъул комитеталда рукIана Гъуниб районалъул бетIер МудунхIажи Къадиров, районалъул спорткомитеталъул ва гIолилазул политикаялъул нухмалъулев МухIамад Сагитов, Гьонода росдал администрациялъул нухмалъулев МухIамад ХIажиев ва цогидалги.

     Гьалбадерида гъорлъ рукIана ДРялъул Халкъияб Собраниялъул депутат КIуядаса МухIамад КIудиямухIамадовги КIогьориса ХIамзалав ХIамзаловги.

    Росуцоязе асар гьабуна Къурбанов МухIамадил гьудул-гьалмагъзаби гьенире рачIиналъги. Гьел ккола гIемерал соназ гьевгун цадахъ «Боевое братство» абураб гIуцIиялда рукIарал Афгъанистаналъул рагъул ветеранал МухIамад ГIарипов, Зиявудин ГIабдулаев, Садикъ Идрисов.

     Турниралда гIахьаллъана кинабниги микьго росулъа команда (Щуланиса, СалтIаса, Гъуниса, Къородаса, ХIутниса, Хьиндахъа, ГIунтIиса ва Гьонодаса).

     Къецазе байбихьи лъуна Гьонода ва Щулани росабазул командабаз. 2:0 хIисабгун тIоцебесеб дандчIваялда бергьана гьонодисел.

      Интересал дандчIваял рукIана цогидал росабазул командабазулги. Волейбол магIарухъ кидаго рикIкIунеб спорт букIана. Жакъаги гьелъул кIудияб интерес буго халкъалъеги жалго гьеб хIалезеги. ГIемерав чи вакIарун вукIана гьеб къоялъ росдал спортзалалдеги.

     Киназулго кIвар буссун букIана финалалде рорчIарал Щулани ва Гьонода росабазул командабазде. ХIалуцараб хIаялдаса хадуб бергьана щуланисел. Финалалде щвезегIан цIакъ лъикIаб хIай бихьизабуна гьонодисез, амма ахиралде щведал, битIккечIо гьезие. Гьелъие гIиллаги букIана — командаялъул бищун лъикIаздаса цоявлъун рикIкIунев спортсменасе данде ккечIо гьеб къоялъ турниралде вачIине.

    Гьедин абуна турниралдаса хадув кIалъазе вахъарав ГIарипов МухIамадица:

    «Мунагьал чураяв МухIамадги дунги цадахъ гIемераб бакIалде ккана. Гьев вукIана божарав гьудулги, иман бугеб ракIалъул инсанги, кив вугониги, ритIухълъигун ракIбацIцIалъи цIунизе бажарулев чиги. Жакъа гьесул цIаралда тIобитIараб гьаб тадбиралъ дие кIудияб асар гьабуна. Баркала нужее».

     Гьединго, афгъаналъулазул координационияб советалъул нухмалъулев хIисабалда, гьес баркалаялъул кагътал кьуна Гьонода росдал администра- циялъул бетIер МухIамад ХIажиевасе, тадбир берцинго нухда бачарав МуртазагIали МухIамадовасе, турниралъул аслияв хIаракатчи ГIабдулнасир Чупановасе ва жеги чанго чиясе.

    Тадбиралъул гIуцIарухъабаз кубокалгун медалал ва гIарцулал шапакъатал кьуна тIоцебесеб, кIиабилеб ва лъабабилеб бакIал ккурал командабазе. Гьединго тIоцебесеб бакIалъе мустахIикълъараб Щулани росдал командаялъул капитан МухIамад Хизриевасеги.

      «Турниралъул бищун лъикIав спортсмен» номинациялда шапакъат щвана Гьонода росдал командаялъул цевехъан МухIамад Хараевасе.

    Гьалбадерие хIадурун букIана тIагIамаб кванил тепсиги.

Ашахан Юсупов