Баракатал ракIарулеб заман

 

 

   Щибаб жоялъулъ лъикIабги квешабги кида-къадги лъугIулеб гIадат буго. Хасго хехго ахиралде щун ратула бищунго лъикIал, талихIал лахIзатал. Гьале рамазан моцIалъул талихIал лахIзаталги, гIагарлъигун, гьудул-гьалмагъзабигун цадахъ рохалида тIамулел ифтаралги, сухIуралги, таравихIалги ахиралде щвана. Щивав бусурбанчияс жиндирго яхIалда рекъон хIаракат бахъана Аллагьасда цере лъикIал гIамалал гьаризеги, гIадамазда гьоркьоб гьуинлъи цIунизеги. ЛъикIал ишал гьарияздалъун, садакъаби кьеялдалъун, мажгиталда игIтикафалда сардал рорчIиялдалъун гьаб хирияб моцIалдаса жидеего цIикIкIун пайда босизе хIаракат бахъана гIемерисез. ТIаде щвана азарго моцIалдаса лъикIаблъун рикIкIунеб Лайлатул къадр сордо жаниб бахчарал рамазаналъул ахирисел къоялги.

 

Абу Гьурайратидасан бачIараб хIадисалда МухIаммад аварагас (с.гI.в.) абун буго: «Рамазан моцIалъ, Аллагь тIаса лъугьинин абураб хьулгун, кIал ккурав чиясул церехун рукIарал киналниги мунагьал чуризе руго. Аллагь тIаса лъугьинин ва кири щвелин хьулгун Лайлатул къадриялъул сордо тIагIаталда борчIарав чиясулги киналго церехун рукIарал мунагьал чурула», — ян.

ГIайшатица аварагасда (гI.с.в.) гьикъун буго: «Я Аллагьасул Расул, Лайлатул къадриялъул сордо тIаде щвани, щиб дица абизе лъикIаб бугеб?» — ян. Аварагас (с.гI.в.) жаваб кьун буго: «Я Аллагь! ХIакълъунго, Мун тIаса лъугьунев вуго, Дуе бокьула тIаса лъугьине, тIаса лъугьа дидаса», — ян абейилан.

Щайха Лайлатул къадр балъго гьабун бугеб Аллагьас? Диниял тIахьазда хъвалеб буго: «ТIадегIанав Аллагьас балъголъилъун гьабун буго рузман къоялъ дугIа къабул гьабулеб лахIзатги Лайлатул къадрги, нилъеца гьеб заманалда дугIа ва лъикIал гIамалал гьаризе цIикIкIун хIаракат бахъиледухъ», — ан.

 

 

 

КIал хвезабурасда гIакIа

 

  Рамазан моцIалъул баракаталдаса кколеб къагIидаялъ пайда босун киназухъаго бажаризе рес гьечIо. Сахлъиялъул рахъалъ захIмалъаби гьечIев чияс кIал ккола, рес рекъарас садакъаби гьарула. Амма багьанаби ратун кIал кквечIев чиясе гьеб бецIизе ва мунагьал чуризе рес кьун буго Аллагьас.

Къуръаналда буго: «Я, иман лъурал гIадамал, нужее кIал кквей паризаяблъун гьабуна, нужеда цере рукIарал умматазе паризаяблъун гьабураб гIадин, гьелъ черхалъул хьул бекизе гьабулелъул, гьелдалъун нуж гIасилъабигун мунагьал гьариялдаса цIунизе».

Хадубги Аллагьас, кIал кколезе бигьалъи гьабун, абуна: «Нужее кIал кквезе рихьизарурал къоял руго. Унтарал яги сапаралда ругел гIадамазе кIал кквечIого тезе ихтияр буго. Гьезда тIадаб буго, риччарал къоял рецIун, гьезул бакIалда цогидал къояз кIал кквезе. ЦIакъго херлъун яги сахлъиялде хьул гьечIеб хIалалъ унтун рукIун, кIал кквезе кIоларел чагIазда тIадаб буго мискинал чагIи кваназаризе гIакIа кьезе. КIал биччараб къо рикIкIун кьезе тIадаб буго гьеб. Жинца гIумру гьабун ругеб бакIалда гIемерисеб мехалда кваналеб жоялдаса кьезеги ккола гIакIа. Кьезе кколеб къадаралдаса цIикIкIун кьуни, гьеб гьесие лъикIаб буго» («Бакъарат» сураталъул тафсиразул таржама, 183, 184 аятал).

КинабгIаги гIузруги багьанаги гьечIого рамазаналъ кIал хвезабурав чияс гьеб бецIизе ва гIакIа кьезе ккола.

 

 

КIал биччаялъул закат

 

  КIал биччаялъул закагIат ккола черхалдасан бахъулеблъун. БоцIудаса бахъулеб закагIаталъ гьелда гъорлъе ккараб хъублъиялдаса гьеб бацIцIад гьабулеб гIадин, кIал биччаялъул закагIаталъ инсанасул напс бацIцIад гьабулин абула.

 

КIал биччаялъул закагIат тIалъула гIидалъул сордоялъул авал тIаде щвеялдалъун, ай рамазан моцIалъул ахирисеб къоялъул бакъ тIерхьиналдалъун. Гьеб къоялъ бакъ тIерхьунеб лахIзаталда чIаго дунялалда вугев, сордо-къоялъ жиндиего ва жинца напакъа кьезе кколезе бугеб кванидаса гьеб тIокIлъулев бусурбанчиясда закагIат бахъизе тIалъула.

Рамазаналъ чIагоги вукIун, ахирисеб къоялъул бакъ тIерхьиналде хвани, гьев чиясда сахI тIалъуларо. ТIерхьун хадув хвани — тIалъула. Гьединго тIалъула бакъ тIерхьиналде гьабураб лъимадаги, тIерхьун хадуб гьабуни — тIалъуларо. ХIанафил мазгьабалда рекъон, гIарцудалъун бахъулеб бугони, тIадаб гIуж щола гIидалъул къоялъул рогьел баккаралдаса.

КIал биччаялъул закагIат бахъизе суннатаб ва бищун хирияб буго кIалбиччан къоялъул радал, гIидалъул как балелде. ГIидалъул какдаса хадуб закат бахъизе карагьатаб буго. ГIидалъул къоялъул бакъ тIерхьинегIан, гIузруги гьечIого, нахъ бахъизе хIарамаб буго.

 

СахI бахъиялъул тIалабал

 

  Дагъистаналда, аслияб къагIидаялъ, ролъул сахI бахъулелъул, ният гьадин гьабила:

«Дица ният гьабуна (дидасанго яги дун вакил гьавурав пуланасдасан) кIал биччаялъул ГIидалъул паризаяб сахI бахъизе ТIадегIанав Аллагьасе.

Вакил гьавулеб къагIида: «Дица мун вакил гьавуна дидасаго кIал биччаялъул гIидалъул паризаяб сахI бахъизе» — ян цояс абила. «Дица къабул гьабуна», — ян цогидас абила.

ГIарац кьолеб бугони, имам ХIанафил мазгьабалда нахърилълъун ният гьабила: «Дица ният гьабуна (дидасанго яги дун вакил гьавурав пуланасдаса) кIал биччаялъул гIидалъул паризаяб сахIил къимат кьезе Абу ХIанафил мазгьабалда нахъвилълъун ТIадегIанав Аллагьасе».

Вакил гьавулеб къагIида: «Дица мун вакил гьавуна дидасанго кIал биччаялъул гIидалъул паризаяб сахIил къимат кьезе», — ян цояс абила. «Дица къабул гьабуна», — ян цогидас абила.

Россиялъул ДУМалъул гIалимзабазул советалъ 2022 соналда кIалбиччаялъул закагIат-сахIалъул багьа чIезабун буго. Ресукъаз сахIалъул бакIалда — 150 гъурущ, гьоркьохъеб магIишаталъул гIадамаз – 500 гъурущ, бечедаз – 800 гъурущ яги цIикIкIун гIарац кьезе бегьулин абулеб буго ДУМалъул хитIабалда. 150 гъурущ — киназдаго тIадаб закагIат буго, 500 ва 800 гъурущин абуни — лъикIаблъун бихьизабула.

Аварагасул (с.т.гI.в.) хIадис буго: «Рамазаналъ ккураб кIал зобалдаги ракьалдаги гьоркьоб далун чIезабун букIуна, гьеб гьениса тIаде борхуларо кIалбиччаялъул сахI бахъиялдалъун гурого», — ян (Абу ХIафис).

КIал кквей ва кIалбиччаялъул сахI тIадаблъун гьабуна гьижрияб тарихалъул кIиабилеб соналъ. Гьеб тIад гьабиялъул хIикматги напс бацIцIалъи ва лъикIаб гIамал гьаби буго. Рамазан моцIалъул кIалазул ккараб жагъаллъи бацIцIинелъун бахъула закагIат-сахIги.

 ХIадур гьабуна П. СУЛТIАНМУХIАМАДОВАЛЪ