«…Цо-цо ХIамзаевазул ХIамзатовал лъугьуна…»

Исана 100 сон тIубала дунялалдаго машгьурав шагIир Расул ХIамзатов гьавуралдаса. Гьесул гIумруялъул ахираб анцIила щуго соналда жаниб гьевгун дандчIвазеги шигIриял ва гIумрудул насихIатазухъ гIенеккизеги щвей дир талихI ккана. Кидаго Расулил тIахьал цIалулев, гьесул кучIдул рокьулев чи вукIана дун. Дицаго кучIдул хъвазе байбихьараб, школалда цIалулеб мехалъ анищ букIунаан кIудияв шагIир вихьизе.

 

МахIачхъалаялда цIалулеб мехалъ гIолохъанал шагIирзабазул «Родник» абун цIар бугеб цолъи букIана. МоцIида жанир цо нухалъ данделъулаан ниж цоцазе кучIдул цIализе. «Родникалъул» нухмалъулезда нижеца кидаго абулаан Расул ХIамзатов гьоболлъухъ ахIеян. Кидаго кIочон толаро 1986 соналъул декабралда МухIамад ХIажиевасул цIаралда бугеб къотIноб кафеялда данделъарал нижеда тIаде Расул вачIараб куц. Ниж риххун хутIана. ВачIинахъего Расулица махсара гьабуна, гьалгощинал гIолохъабаз кучIдул хъвалел ругони, жинца хъвазе жого хутIиларилан. Цинги рахьдал мацIалда хъвадарулел чагIи ругищилан цIехана ва, гIелбащадав чи гIадин, нижгун махсараялда вукIана. Дагьаб кепги нижее гьабун, гIемер мехго бачIого нахъе аниги, Расулгун дандчIвазе щвей нижее кIудияб лъугьабахъинлъун букIана.

 

Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъ 1987 соналъул риидал тIобитIана республикаялъул гIолохъанал хъвадарухъабазул совещание. МагIарул мацIалда кучIдул хъвалел гIолохъанал шагIирзабазул 15-гIан чи вукIана: МухIамад ПатахIов, ТубхIат Зургьалова, ГIайшат Малачиева, ГIайшат ГIалиева, ГъазимухIамад ГъалбацIов, ГIисахIажи Тажудинов, ГIибранил ХIажияв, Зулайпат ГIалиева ва цогидалги. Аллагьас киналго хваразул мунагьал чураги. Ниж, магIарул мацIалда хъвадарулел, Расулил кабинеталде рачана данделъи гьабизе. МагIарул хъвадарухъабазул секциялъул нухмалъулев, машгьурав хъвадарухъан Муса МухIамадовас иргадал кучIдул цIализе тIамуна. Расул ХIамзатовас нижер цо-цоязда цIарги росуги цIехана. КIудияв шагIирас киса-щивилан гьикъаразда гьоркьове ккедал, анкьабилеб зодове вахараб хIисаб дирги букIана. Цинги Расулица цIалана жиндирго цIиял кучIдул.

 

РакIалда буго кIудияв шагIирасул кучIдуз,гьес гьел цIалулеб къагIидаялъ ниж асир гьарураб куц. Цо гIолохъанав шагIирас гьесда абуна «гьагъай гIадан ана къаси Расул ХIамзатовас журналги цIалун, ниж жиндихъего ахIулел ругилан бачIана хабар. Азарго батIияб пикруги гьабун, щвана гьесул кабинеталде. Гьес къабул гьаруросасе» абураб кечI кIиабизеги цIализе бегьиларищилан. Бегьилин, нужеда гьоркьов вугеб мехалъ жинда живго гIолохъанав поэтилан кколеб бугилан, кIиабилеб нухалъги цIалана Расулица гьеб. Гьелдаса нахъе дица байбихьана магIарул хъвадарухъабазул секциялъул данделъиялде хьвадизе.

 

Советияб заманалъ букIараб хIукуматалъул басмаханаялъ тIахьал рахъулеб, СССРалъул Хъвадарухъабазул союзалъул членаллъун росулеб къагIида гIолохъанал нижее рекIее гIолароан. ТIехь бахъизе, яги «Гьудуллъи» журналалда кучIдул рахъизе ккани, Союзалъул членлъун вукIине кколаан. Членлъун вахъине ккани, цониги тIехь бахъанищан цIехолаан. Нижер пикруялда, басмаханаялъ тIахьалги рахъулел, гьезухъ гIезегIан гонорарги щолезда гьоркьор рукIана чанги гьунар гьечIел чагIиги.

 

Цинги, 1990 соналда ГъазимухIамад ГъалбацIовасги, Набигула Жаватхановасги, дицаги байбихьана «Сабаб» абураб литературияб журнал биччазе. Нижеца «Сабабалъул» тIоцебесеб номералдаго байбихьана советияб заманалъул тIахьал рахъулеб къагIидаялде ва Хъвадарухъабазул союзалъул хIалтIуде цо-цо гъегъ базе. ГъалбацIовас хъван букIана доб мехалъ тIобитIараб Дагъистаналъул хъвадарухъабазул съездалда тIасан «Репортаж гIадаб жо» ва «Риччай цо» абурал макъалаби. Дица Расул ХIамзатовасул кучIдузде пародиял хъван рукIана.

 

РакIалда буго хъвадарухъабазул нуцIида гьабураб хъвай-хъвагIай: «ХIел-хIелчилъиялъул хъулухъ бокьарал, ХъвадаричIониги, рачIа гьанире. Вижараб ракьалда цIар бокьанщинас ЦIогьазулгун гьабе гьуинаб гаргар». «Сабаб» журналалъ къватIир чIвазарулел рукIана Расулида аскIове чи къазе гьукъун, гьесие хIелхIедун сверун чIарал цо-цо хъвадарухъаби.

 

Кигlaн гьунар бугев гIолохъанав хъвадарухъан вачIаниги, гIумруялъул сонал арал, щибго пайда гьечIел тIахьал хъвалел чагIи цере рукIаго, гьезие нух биччалеб гьечIилан букIана гIолохъабазул гIарз. Гьанже, пикру гьабураб мехалъ, ниж дагьалъ тIасанкколел рукIун руго. ЧIахIияб гIелалъул хъвадарухъаби нижеде рагъана, гьедин гIамал кIодого хъвадаризе ккани, нуж щалин, Расулица бихьилин нужее гьабулеб жойилан. МагIарул шагIирзабазул цоцояз ниж рагъизецин ахIана.

Расул ХIамзатовас журналги цIалун, ниж жиндихъего ахIулел ругилан бачIана хабар. Азарго батIияб пикруги гьабун, щвана гьесул кабинеталде. Гьес къабул гьаруна, ва байбихьудаго Расулица абуна цIияб пикру, цIияб чвахи адабияталда жаниб цIакъ кIвар цIикIкIараб жо бугин, нужеца лъикIаб хIалтIи гьабун бугилан. Амма цоцо бакIалда зани бегизабун бугилан тIадеги жубана. Цинги цIехана нужер кабинет киб бугебилан. Кабинет киса нижер букIунеб, гIодор чIезе бакIцин гьечIилан абидал, Расулица абуна жинца нужее Хъвадарухъабазул союзалда цо рукъ кьелилан. Ниж асир гьарун рукIана Расулил кIодолъиялъги, гIадатлъиялъги, гIакъиллъиялъги. Нижедаса кIудияб гIажаиблъи гьабун рукIана гъол нижеде рагъулел рукIарал чIахIияб гIелалъул къаламцоялги. Доб мехалъ Хъвадарухъабазул союзалда нижее кабинет кьей букIана роол бухIараб къоялъ гьури-гIазу багъари гIадаб жо.

 

Гьелдаса нахъе щибаб къойил гIадин вихьулаан Расул ХIамзатов. КIудияв шагIирас цо-цо нухалъ ниж жиндихъего хабар-кIалалъе ахIулаан яги живго ваккулаан нижер кабинеталде. Доб мехалъ гьес дие сайгъат гьабураб кечIцин хъван букIана «ГIолохъанав пародист ХIамзаевасе» абураб цIаралда гъоркь: «ХIамзаев, ХIамзатовас кьолеб буго дуе тIехь, Цо-цо пародиялъе гьанибги батила кечI… Цо-цо ХIамзаевазул ХIамзатовал лъугьуна, Цо-цо ХIамзатовазул ХIамзаевал лъугьуна», — ян.

 

1991 соналда «сабабалъулаз» дандеги гьабун, нижерго гIарацги кьун, биччан букIана БакьайчIиса ЧIанкIал кучIдузул тIехь. Щвана гьебги босун Расулил рокъоре. Гьев цIакъ вохана нижеца ЧIанкIал тIехь бахъун батидал. Хасго Расулие асар гьабуна гьелъул жилдалда тIад хъварал ЧIанкIал гьадинал рагIабаз: «Дунялалъул къоял къварид риччазин, Къиямасеб къоялъ шапагIат щвезе. Духъ ккараб дир рокьи рукьбалъ цIунизин, БецIаб лахIдуялъуб хIалхьи букIине». Цинги, Расулица цогидаб рокъой йикIарай ПатIимат ахIана цо ЧIанкIал рагIабазухъ гIенеккизе ячIаян ва, киназдаго рагIун, гьелъие гьал мухъал цIалана.

 

Гьелдаса нахъе МухIамад АхIмадовасда цадахъ зама-заманалдасан щолаан Расулихъе. Щибаб нухалъ гьес гьикъулаан хъвадарулев вугищилан, ЖабрагIил ХIасановасул щиб хIал бугебиланги цIехолаан.

 

***

Дир гьудулас цо басриябго «Жигули» босараб заман букIана. Чанги бакIалда лажбарги бахараб, чIараб бакIалдаса тункун гурони бакизе кIолареб жо букIаниги, ниж гьебги бачун, шагьаралде унаан тира-сверизе.

 

Цо къоялъ Советская къотIносан эхере унаго, Чернышевскиясул къотIноб бугеб жиндирго минаялда цеве дове-гьаниве хьвадулев вихьана Расул ХIамзатов. Сверизеги гьабун, машина гьесда цебе чIезабуна: «Расул, гIодов чIа, нижеца щвезавила», — ян абуна. Гьев дида кIалъачIеб мехалъ, нахъаса ваккун дица абуна: «Расул, щиб хIал бугеб? Дун ХIамзаев вуго», — ян. «ГIай, хъарчигъа, мун кив вукIарав?» — абун гьикъанаРасулица.

 

Цинги Хъвадарухъабазул союзалъул минаялда цебе машинаги чIезабун, дица Расулие нуцIа рагьана. Машинаялдаса къватIивеги вахъун, Расул лъикIго цин дихъ, цинги басрияб машинаялъухъ валагьана. «Союз писателалъ ХIамзаевасе цо цIияб машинагIаги босизе ккела», — ян махсараги гьабун, Расул ана. Цинги дун Москваялде цIализе ана. Расул Москваялде вачIанщинахъе цо-цо салам кьезе щолаан гьесул Тверская къотIноб бугеб квартираялде. Киве цIализе лъугьаравилан гьикъана Расулица, МИДалъул Дипломатазул академиялде лъугьанилан абидал, жив дур бакIалда вукIаравани, Литературияб институталъул тIадегIанал курсазде инаанилан абуна.

 

Телефоналъ кIалъанщинахъе кIудияв шагIирас абулаан хабар-кIалалъе жиндихъе ваккеян. РакI гъоларого вукIунаан гьев рокъов живго хутIидал. ТIоцебесеб суал Расулил кидаго букIана хъвадарулев вугищилан. Вугилан абуни, цIалеян абулаан. Цинги жинцаго цIалулаан цIиял кучIдул. Жинда аскIове щваравщинахъе нахъе лъутизе гурони, дуе къваригIараб жо букIунарилан абулаан гьес.

 

Дица бищун гIажаиблъи гьабулеб букIараб жо: гьагъадигIан дунялалда машгьурав, кIудияв шагIирилан киналго мукIурав Расулица, жиндирго кечIги цIалун, гIолохъанав дида гьикъулаан: «Бегьулеб жо бугищ, кинаб кечI бугеб, тIубанго ракI рекъоларого буго», — ян. Жинцаго хъварал кучIдуздаса рази гьечIого, цо-цо бакIалда тIасан мухъал цIан, цIиял мухъал тIаде журалев вукIунаан гьев. Дир хIисабалда, гьеб буго жакъасеб къоялъ магIарул мацIалда хъвадарулел шагIирзабазе бищунго гIолареб рахъ. Цо нухалъ Москваялда Расулил рокъове щведал, дица цIалана «Кида магIарухъе нахъруссунел нилъ» абураб кечI. Нахъеги цIалеян абуна Расулица, цIалана кIиабизеги. «ЦIакъ лъикIаб кечI буго, росу цебечIезабулеб буго, магIарул шагIирасул кочIолъ кидаго росу букIине ккола. Ахир хисизабуни, лъикIаб букIина», — ян абуна Расулица.

 

Кин хисизабилебан гьикъидал, гьес абуна кочIол ахиралда: «Кида магIарухъе нахъруссунел нилъ» абураб мухъалъул бакIалда «Кида, магIаруллъи, нахъбуссинеб мун», — абун хъвайилан. Балагьеха, цохIо рагIул суффикс хисиялдалъун, кIудияв шагIирас гьеб кочIол магIна хисизабураб куц.

 

***

1999 соналъул кIалбиччанкъоялъ гьалмагъзабигун цадахъ щвана Москваялде, Расулил рокъоре, кIал къабул гьабизе. Столалда нахъа гIодор чIедал, Расулица дурцасда абуна, жиндие бегьичIониги, гьалбадериениги дагьаб жо гьабизе бегьуларищилан. ГьебсагIат тIадеги вахъун дурцас столалда цо кIудияб шиша лъуна. Цо заманалдасан яккун ячIана ПатIимат.

 

Хапараб квералъ столалдаса шишаги нахъе босун, гьелъ абуна: «Лъица гьаб шиша гьаниб лъураб? Жакъа буго гIидалъул къо. Жакъа гьаб рокъоб лъицаго гьекъоларо», — ян. Цинги дихъги ялагьун, ПатIиматица абуна, дуца, динияв чияс, мунго вугеб бакIалда гьекъолеб жоялъул бицине тезе бегьилищан.

 

Москваялда цIали лъугIун хадув щвана МахIачхъалаялде, Расулихъе гьоболлъухъ, бицана ГIиракъалде хIалтIизе унев вугилан. ГьебсагIат Расулица абуна: «ГIадамалги магIарухъе ахIун, мунго ГIарабиялъе унев чи кинав вукIунев?» — абун. Цинги тIаде жубана Саддам ХIусен вихьани, жиндир рахъалдаса салам бицеян.

 

Цинги Расулица бицана: «1974 соналда ГIиракъалде унеб СССРалъул делегациялъул бетIерлъун вукIана дун. Примаков вукIана дир кумекчиги таржамачиги. Саддамгун дандчIвайдал, гIемераб мехалъ хабаралда рукIана ниж. Дица гьесда абуна: «Дагъистаниязулги гIарабазулги гIемерисеб гIамал-хасиятги релълъараб буго, динги цо буго. Амма нилъер цо батIалъиги буго: нижер кIикъого миллатги цо республикаги буго, гIарабазул абуни, цо миллатги кIикъого республикаги буго», — ян. Саддамица бетIер гьанкIана, дуца цIакъ битIараб абунилан».

 

Цоги нухалъ МахIачхъалаялда Расулил рокъор гьоболлъухъ рукIана ниж. ГьитIинаб магнитофонги кодоб ккун, тIаде вачIана мадугьалихъ рукъалъ вукIарав академик Шамил ГIалиев, жинда сири базабураб цокIиго кечI Расулие биччазе вилълъанилан. ТIоцебесеб кечIни жиндир бугин, кIиабилеб лъил бугебали лъаларин абуна Расулица. Гьеб букIана МухIамад ГIабасовас ахIулеб «Цо тIамур хъваларищ, хъахIабросулъев…», — абураб дир кечI.

 

АскIов вукIарав дица абуна, гьел рагIаби нилъер ругилан. Расулица хантIан дир квер босана: «Бихьинаб хIара – ХIамзатил Расулил гьудул», — абун.

***

Расулица дун кидаго динияв чийилан толаан. Гьес дие сайгъат гьабураб тIехьалдаги хъван букIана:

 

«Киналго МухIамадазулъ бищунго нилъер МухIамад аварагасде гIагарав МухIамадие. Киналго магIарул кочIохъабалъ бищунго кечI какалде гIагар гьабулев гьудуласе кIалалъ гуро, ракIалъ кьолеб буго», — ян.

 

Гьоркьо-гьоркьоб гьес гьикъулаан диниял чагIи щиб гьабулел ругелилан. СагIидафандиясул бицен ккарабго, Расулица абулаан гьесул Аварагасул гIадаб гьумер бугилан. Жиндирго яс ПатIиматица жив тIадчIун какал разе тIамулев вугин, унго, Аварагасул ПатIимат гьадигIан кьварарай йикIанадайилан махсараги гьабулаан гьес.

 

ПатIимат хун хадуб, гьелъул хабада къулгьу гьабизеги ахIулаан Расулица дун. Рузманкъоялъ гьабулеб жо батичIони, жинда цадахъ вилълъинарищилан абулаан. Расулида цадахъ ине щвараб мехалъ дие щибха букIинеб?

 

Цо къоялъ радалго щвана Расулихъе, гьесда цадахъ хабаде инеян. КъватIире рахъунаго, гьесул иргадулав цо кумекчияс абуна:

 

«Расул ХIамзатович, духъе къваригIелалъ росулъа цо херав вачIун вуго, хIалтIуда духъ валагьун чIун вугин ахIана», — ян.

 

Цин Хъвадарухъабазул союзалде рилълъайилан, Расулица гьенире рачана. Гьоболгун хабар-кIалалда Расул вукIаго, гьесул кумекчияс сейфалъуса чагъиралъул шиша бахъун бачIана. Жакъа рузман къо бугин, гьекъон хабаде ине бегьуларилан дица абидал, кумекчияс абуна, цогиязе бегьичIониги, Расулие бегьулилан. Дун тIаде вахъана: «Расулие скидка гьабураб бакI исламалда гьечIо, нужеца гьекъолеб бугони, дун нужеда цадахъ хабаде вилълъунаро», — ян. Гьеб рагIидал, Расулица кумекчиясде ишара гьабуна: «Жакъа ас абураб гьабилин, шиша букIаралъуб лъе», — ян.

 

2000 сон букIанилан ккола. Дицаго гьарурал ГIумар ХIаямил рубагIиятазул таржамаги босун, щвана Расулихъе. ЦIакъ асар гьабуна гьесие магIарул мацIалде руссинарурал рубагIиятаз.

 

Цо-цо куплетал тIадвуссун цIализеги тIамуна. Цо къоялъ машрикъалъул шагIирзабазул бицен ккедал, Расулица абуна жиндир жахIда кколеб жо дуца руссинарурал ХIаямил кучIдул гурони гьечIилан. Жинца хIалбихьун букIанин гьел руссинаризе, жиндир лъикI лъугьинчIилан Расулица абидал, дихъа борчIун ана дуца Есенин гIезегIан лъикI вуссинавунилан.ГьебсагIат Расулица абуна: «Щиб, дун Есенинида релълъарав вугин абулеб жойищ дур гьеб?» — абун.

 

2000-абилел соназ БисавгIалиев МухIамадгун цадахъ гIемер щолаан Расулихъе. Гьев Расулил кумекчилъун хIалтIулеб заман букIана. Жиндир нуцIида кIутIичIого тIаде рачIаян абуразда гьоркьор рукIана БисавгIалиевги, ГIабдурахIман ГIабурикIовги, дунги. ГIолохъанал нижеда аскIоб ракIгъей букIунаан гьесие, тирасверизе, кафеялде рилълъайилан абулаан. Жиндирго кучIдул нижеца ракIалдасан цIалидал, лъимер гIадин, вохулаан гьев. Расулица гIемер абулаан бищун лъикIав хIакимчиясдасаги жиндие бищун гьунар гьечIев шагIирго вокьулилан.

 

ЦIакъ ракI гъурав, ракI гIатIидав, гIажаибго цIодораб гIакълуялъул, сундаго нахъгIунтIулеб пикруялъул чи вукIана гьев. КучIдул хъвазеги цIализеги батIияб гъира-шавкъ букIунаан Расулие цIализе щвеялдалъун. Цоги нухалъ Расул Москваялда, Кремлялъул больницаялда вегун вукIана. Москва шагьаралъул Хъвадарухъабазул союзалъул бетIер Владимир Бояриновги вачун, щвана гьесухъе ваккизе. Лъай-хъвай гьабун хадуб Бояриновас Расулида абуна, жинца Кавказалъул шагIирзабазул гIемерал асарал гIурус мацIалде руссинарунин, цо кечIниги дур буссинабизе щвани, гьеб жиндие кIудияб талихIлъун букIинилан.

 

ЦIакъ лъикIаб хIалтIи гьабун бугин, гьелъул бициналде цо дагьаб Дагъистаналъул коньяк биччан лъикI гурищилан абуна Расулица. Жинца гьекъоларилан Бояриновас абидал, Расул, гIажаиблъи гьабун, дихъ валагьана: «50 соналъ Москваялда дида ватичIев гьекъоларев гIурусазул поэт дуда кив ватарав?» — абун. Гьел рагIаби гIурус мацIалде руссинаридал, цIакъ кеп щвана Бояриновасе, ва: «Расул во всем велик», — ан абуна.

 

Нахъе унаго, Расулица Бояриновасе махсара гьабуна, хадусеб нухалъ жив дандчIвайдал, лъалареб ххвел гьабугеян. 2003 соналъул августалда щвана Расулихъе, гьесда 80 сон баялъул юбилейги баркун, «Ислам» журналалъе гара-чIвари гьабизе.

 

Жакъа гIадин ракIалда руго доб къоялъ Расулица абурал рагIаби: «Юбилеялда инсан гIадамаз цIакъго кIодо гьавула. Дида гIадин лъикI гIадамазда дун лъалев вукIаравани, гьез дун гьадигIан веццилароан. Ункъого сон ракьалда бай – гьеб инсанасул талихI буго. Амма гьабгощинаб балагь-къварилъиги сверухъ букIаго, кинаб талихIха шагIирасул букIинеб? Дир бищунго ракIбухIараб жо буго: хъвачIониги гIолеб чанги асар дицаго хъван бати, хъвазе кколеб чанги асар хъвачIого хутIи», — ян.

 

Дуе щварал шапакъатазул бищун кIудияб щиб бугебилан гьикъидал, Расулица абуна, ЦIадаса ХIамзатил вас вукIин бугилан.

 

МухIаммад ХIамзаев