Нухалги къачIазе руго, гIадлуги букIине буго Республикаялъул хIукуматалдаВладимир Васильев гIенеккана улкаялъул президентасде хитIаб гьабурал дагъистаниязухъ 27 июналда ДРялъул бетIерасул ишал тIуралев Владимир Васильевас къабул гьаруна дагъистаниял.Гъизилюрт шагьаралда диализалъул центр рагьеян гьарулеб букIана Гъизилюрт районалдаса Шагьрурамазан ХIасановас. Гьелда бан ДРялъул СахлъицIуниялъул министерствоялъ кьураб баяналда рекъон, Гъизилюрт шагьаралдаги Гъизилюрт районалдаги вуго ургьисалаби унтарав 34 чи. Гьединлъидал...
