Акция байбихьана терроралъул хIасилалда гIумруялдаса ратIалъарал ракIалдещвезариялдасан Дагъистаналъул бетIерасул ишал тIуралев Владимир Васильев, республикаялъул хIукуматалъул председатель Артем Здунов, Дагъистаналъул Халкъияб Cобраниялъул председатель Хизри ШихсагIидов, муфти АхIмад Апанди гIахьаллъана терроризмалде данде къеркьеялъул къоялде МахIачхъалаялда тIобитIараб республикаялъулаб акциялда. Тахшаралъул аслияб майданалде данделъун рукIана гIолилал, студентал, жамгIиял хIаракатчагIи, журналистал, партиязул регионалиял отделениязул вакилзаби ва цогидалги дагъистаниял. Акция...
