Киданиги кIоченаро нилъее гIоло гIумру кьуралги жакъа чIаго ругелги рагъул гIахьалчагIи ДРялъул бетIерасул ишал тIуралев Владимир Васильев гьеб къоялъ щвана щивав рагъул гIахьалчиясда аскIове, кверги бачун, баркана Бергьенлъиялъул байрам. Хадуб байбихьана рохалилаб митингги. Гьелда гIахьаллъи гьабуна ДРялъул бетIерасул ишал тIуралес, Халкъияб Собраниялъул депутатаз ва республикаялъул хIукуматалъул, МахIачхъала шагьаралъул нухмалъулез, рагъул гIахьалчагIаз, студентаз, школлъималаз, гIолилазул...
