Дагъистаналъул ХIисабалъул палатаялда хIасилал гьаруна 2017 соналда ДРялъул ХIисабалъул палатаялъ гIуцIана халгьабиялъул 69 тадбир ва халгьабуна 621 идараялъулги гIуцIиялъулги хIаракаталъул. 2017 соналда гьабураб хIалтIул бицунаго, аслияб кIварбуссинабуна бюджеталъул сурсатал пайдаялъе хIалтIизариялдеги, республикаялде финансазул рахъалъ хIал щунгутIиялъе гIуцIизе кколел тадбираздеги, тематикиял халгьабиязул хIасилаздеги, гьоркьоб тун букIараб пачалихъияб мулк тIатинабиялдегун гьеб реестралда гъорлъе ккезабиялдеги.2017 соналда ДРялъул...
