1 маялдаса харжал цIикIкIина 29 марталда МахIачхъалаялда тIобитIана Дагъистаналъул Халкъияб Собраниялъул иргадулаб данделъи Гьаб нухалда сессия байбихьана Кемерово шагьаралда ккараб талихIкъосараб балагьалъул хIасилалда хваразул хIурмат гьабун, минуталъулаб сихIкъотIиялдасан. ГIадатлъун билълъахъе, республикаялъул парламенталъул фракциязул вакилзабаз сессиялъул байбихьуда рорхана цо-цо суалалги. Гьезда гьоркьоб кIвар бугеблъун букIана «Цолъараб Россиялъул» рахъалдаса кIалъазе вахъарав ХIамидуллагь МухIамадовасул учительзабазе харжал цIикIкIинаризе...
