13 марталда республикаялде вачIун вукIана Владимир Путин Гьев дандчIвана Болъихъ ва ЦIумада районазул жамагIатазул вакилзабигун. ДандчIваялда бицана регионалда церечIарал масъалабазул хIакъалъулъ.МагIарулазулгун гара-чIвари гьабулаго, гьадинаб кIалъай гьабуна Владимир Путиница: «Дагъистаналде вачIиналъул мурад буго, кин гьеб цебетIолеб бугебали, кинал масъалаби дандчIвалел ва гьезда гьоркьоса, тIоцебесеб иргаялда, кинал тIуразаризе кколелали мухIкан гьаби.Гьанир гIодорчIаразул гIемерисел дида лъала. Лъала...
