Рагъ лъазабуна. Ахир кинаб букIинеб? Сириялда химиялъулаб ярагъ хIалтIизабуниги гьабичIониги, Россиялдеги Путинидеги данде рагъ гьабизе байбихьана Рагъ байбихьана некIого, ай Сириялдаги, ГIиракъалдаги, Газалъул секторалдаги, Афгъанистаналдаги рагъулал лъугьа-бахъинал унеб заманалдаго. Жеги лъазарун рукIинчIо Россиялде данде санкциялги къватIире ритIун рукIинчIо улкаялъул вакилзабиги, Крымцин букIана Украинаялда гьоркьоб. Гьеб рагъул буго гьадинаб хасият — Россиялъеги, гьелъул бетIер Путиниеги...
