«Россия – спорталъул улка» Ульяновскалда тIобитIараб форумалда Владимир Путин дандчIвана ХIабиб ва гьесул эмен ГIабдулманап НурмухIамадовалгун Гьениб улкаялъул президентас ХIабибида баркана бергьенлъи ва гьадин абуна: «Нижеца халккун букIана дур цевевахъиналда хадуб. Дуца бихьизабуна унго-унгояб къеркьей ва бахIарчилъи», — ян.Рингалдаса хадуб ккараб ишалъе къимат кьолаго, Путиница абуна, жинца ХIабибил инсуда гьарулеб бугин, гьелъухъ васасе кьварараб гIадлу...
