Тархазулал технологиязул министерство Артём Здуновас хIалтIухъабазул лъай-хъвай гьабуна цIияв министрасулгун Араб анкьалъул ахиралда ДРялъул бетIерасул ишал тIуралев Владимир Васильевас гъолбасана Сергей Снегирев министрлъун тIамиялъул хIакъалъулъ указалда гъоркь. Анлъабилеб августалда ДРялъул премьер-министр Артем Здунов вачIун вукIана Информатизациялъулги, бухьеналъулги массовиял коммуникациязулги министерствоялде. Гьес хIалтIухъабазул лъай-хъвай гьабуна цIияв министр – Сергей Снегиревасулгун.Цевеккун министрлъун вукIарав Рашид Акавовасул хIалтIуе лъикIаб къимат...
