МустахIикъазе — шапакъатал Шапакъатазе мустахIикълъана росдал магIишаталъул, промышленносталъул, медицинаялъул, гIелмуялъул, лъайкьеялъул, маданияталъул, жамгIияб хIаракатчилъиялъул, пачалихъиял ва муниципалиял хъулухъазул махщелчагIи.Республикаялъул бетIерас бицана щуабилеб тIалаялдаса йортарай яс хвасар гьаюрал бихьиназул бахIарчияб ишалъул хIакъалъулъги. Яс хвасар гьаюрал Айдемир Кулдуевги ТIагьир МухIамадовги мустахIикълъана «ДРялда цере гьарурал хъулухъазе гIоло» орденазе.ДРялъул бетIерас абуна хасал шапакъатазе мустахIикъал ругин нилъер учительзабиги ва...
