В. Васильев: «ЦIумадисел гIадал гъункарал гIадамал дида рихьун рукIинчIо» КIиабилеб марталъул сардилъ бахъана ахIи ЦIумада районалъул ТIисси-Ахикь росу бухIулеб бугин ва социалиял гьиназдасан гьарулеб букIана, кумекалъе вахъине бажари бугев чи гьениве вачIаян абун. «Кутакаб гьури бахъун буго, цIа свинабизе квалквал гьабулеб буго гьелъ. Гваргъун рекIараб цIаялъ аскIоре къазе толел гьечIо», — ян цIа ккараб...
