ЦIалдани – бажарула Исана экзамен кьезе буго 12 азарго цIалдохъанас Рособрнадзоралъул нухмалъулес Дагъистаналда тIобитIана иргадулаб данделъи. Гьеб нухда бачарав ДРялъул бетIер Владимир Васильевас абуна ахирал соназда ЕГЭ кьеялъул къагIида мухIкан гьабиялда бан, Дагъистаналъул цIалдохъабаз лъикIал хIасилал рихьизарулел ругин. Рособрнадзоралъул нухмалъулев Сергей Кравцовас ракIалдещвезабуна ЕГЭялда букIараб ришватчилъи тIагIинабиялдалъун ккараб хIасилги. «Дун щола батIи-батIиял регионазде ва гьенибги...
