Жагъалал минабазухъа гIадамал гочинариялъул масъала тIубазабизе буго МахIачхъалаялъул аэропорталда Владимир Васильевасги РФялъул Пачалихъияб корпорациялъул наблюдателазул советалъул председатель – ЖКХ цIигьабиялъе квербакъулеб фондалъул нухмалъулев Сергей Степашиницаги хIасилал гьаруна Дагъистаналде гьабураб сапаралъул.Жагъалал минабазухъа гIадамал гочинариялъул программа Дагъистаналда тIубазабунилан рикIкIунеб бугониги, жеги 1300 чиясе цIиял минабахъ рукъзал кьечIин бицана Сергей Степашиница. «ГIадамал гочинаризе хIажатал минаби ран руго,...
