2017 соналда ЦIех-рехалъул управлениялде бачIана 5,5 азарго такъсир гьабиялъул хIакъалъулъ баян ДРялъул бетIерасул ишал тIуралев Владимир Васильев гIахьаллъана РФялъул ЦIех-рехалъул управлениялъул Дагъистаналда бугеб ЦIех-рехалъул комитеталъул данделъиялда. Рехсараб комитеталъ гъоркьиса гьабураб хIалтIулги 2018 соналда церечIарал масъалабазулги хIакъалъулъ данделъиялда бицана комитеталъул нухмалъулев Сергей Дубровиница. «Следователаз халгьабулеб букIана 2,2 азаргоялдаса цIикIкIун уголовияб делоялъул. Гьезда гьоркьоса ахиралде щвезегIан цIех-рех гьабуна...
