Балъгояв тушманасул квердаса МухIамадсалихI Гусаев хваралдаса сверана 15 сон 27 августалда тIобитIана Дагъистаналъул миллияб политикаялъул, информациялъул ва къватIисел бухьеназул министрлъун хIалтIулев вукIарав МухIамадсалихI Гусаев ракIалдещвезавиялъул митинг. Гьелда гIахьаллъана республикаялъул ва ведомствабазул, жамгIиял ва гIелмиял гIуцIабазул вакилзаби, ДРялъул Миннацалъул хIалтIухъаби. Митинг рагьана ДРялъул миллиял ишазул рахъалъ министрасул ишал тIуралей Татьяна Гамалейица. Гьелъ бицана МухIамадсалихI Гусаевасул...
