Петр Порошенко – хIалбихьи бугев шахматист 25 ноябралда Украинаялъул лъабго рагъулал гамица («Гюрза» абураб тайпаялъул «Бердянск» ва «Никополь» абураб кIиго гьитIинаб катерги «Яны Капу» абураб рейдалъулаб буксирги) хIалбихьана Керчалъул проливалдасан ине. Гьелъул мурадалда гьел хIажаталлъун ккана Россиялъул гIорхъи хвезабизе. Нилъерал ралагьун чIун рукIана, Украинаялъ лъазабилин нилъер г1орхъаби ц1унулезда, пуланаб къоялъ нужер гIорхъи бахине кколеб...
