В. Васильев: «ГIадада хвезабизе гIарац гьечIо» 15 октябралда тIобитIана пачалихъиял ва муниципалиял гIуцIабазул нухмалъулезул данделъи ДРялъул бетIер Владимир Васильевасул нухмалъиялда гъоркь тIобитIараб данделъиялда бицана федералиял ва республикаялъулал программабазда рекъон, регионалда ралел ругел социалиял ва коммуналиял бакIал раялъе гьабулеб бугеб хIалтIул хIакъалъулъ. ДРялъул экономикаялъул ва бакIалъулаб цебетIеялъул министр ХIажи СултIановас бицана 2019 соналда гIарац биччан...
