Керчь, ниж нужгун руго! 21 чи хвана ва 52-яв лъукъана Керчалъул политехникияб колледжалда Библиотекаялда батана ункъ-абилеб курсалъул студент Владислав Росляковасул жаназа. Сундуе гIоло гьес гьеб балагьаб иш гьабурабали мухIканго лъаларо.Владимир Путиница лъазабуна, улкаялъул бищун лъикIал медицинаялъул центразде щвезарейин къварилъи ккарал гIадамал. МЧСалъул Ил-76 самолеталдаги рекIун гьенире рачIана спасателалги тохтурзабиги ва щвезаруна хIажатал алаталги.РФялъул СКялъул вакил...
