Шагьаралда бараб нур МахIачхъалаялда рагьана цIигьабун къачIараб «афгъаназул» парк 15 январалда ДРялъул тахшагьаралда махIачхъалаялъулазе ва гьалбазе тIобитIана цIигьабун къачIараб рагъухъаби-интернационалистазул парк рагьиялъул тадбир. Гьелда гIахьаллъана МахIачхъала шагьаралъул бетIерасул ишал тIуралев Мурад ГIалиевги, генерал-майор ГIумар МуртазагIалиевги, МахIачхъалаялъул рагъулаб комиссариаталъул начальник, запасалда вугев полковник Муртуз Идрисовги, «афгъаналги», жамгIиял хIаракатчагIи ва гIадатиял гIадамалги. Данделъаразда байрамги баркун, тахшагьаралъул бетIерас...
