Россиялъул президентас ООНалъул Уставалъул №51 статьяялда рекъон, Федералияб Советалъул изнуялдалъун ва гьединго Донецк ва Луганск республикабазулгун нилъер пачалихъалъул гьудуллъиялъул ва цоцазе кумек гьабиялъул хIакъалъулъ гьарун ругел КъотIи-къаялги хIисабалде росун, хIукму гьабуна гьел республикабазда хасаб рагъулаб тадбир тIобитIизе. Гьединлъидал 24 февралалда радал гIужалда нилъее киназего ккана гIадатияб гуреб лъугьа-бахъин. Донбассалда ккараб дандеккунгутIиялъул хIасилалда...
