Сундулъго букIине ккола тартиб ДРялъул бетIерас тIобитIараб данделъиялда бицана школазда цебесеб лъайкьеялда Данделъи байбихьана «Шереметьево» аэропорталда ккараб къварилъи ракIалдещвезабиялдалъун. Владимир Васильевас абуна, хваразда гьоркьов вугин цо дагъистаниявги – 1996 соналда Гъаякент районалда гьавурав Навруз Искандеров. «Гьес бан букIана гIицIго 23 сон. Гьев щун вукIана гIагарал чагIазухъе гьоболлъухъ. Гьес гьанжего гьанже байбихьун букIана букъарулеб гамида...
