15 июналда иргадулаб нухалдаги халкъалъул суалазе жавабал кьуна РФялъул президент Владимир Путиница. Гьелъул хIакъалъулъ информациялъул алатаздасан цебеккунго лъазабун букIиндал улкаялъул бокьарав чиясул рес букIана президентасе суал кьезе, ракIалда къараб загьир гьабизе, пуланал масъалаби тIуразариялъе нухал ратиялъул бицун хитIаб гьабизе. ПалхIасил, телефоналдасан ахIун улкаялъул президентасе суал кьун буго миллионгун 100 азарго чияс. Гьединго, цогидал алатазул кумекалдалъун,...
