Божилъи хвезе теларо ДРялъул бетIерасул ишал тIуралев Владимир Васильевас тIобитIана терроралде данде къеркьеялъул комиссиялъул данделъи Гьениб бицана муниципалиял районаздаги шагьаразул округаздаги терроралде данде къеркьеялъул комиссиязул хIалтIи камил гьабиялъе нухал ратиялъул хIакъалъулъ. Хасаб кIварбуссинабуна риидал лъималаз хIухьбахъулел бакIал цIуниялдеги. «Гъизляралдаги Кемеровоялдаги ккарал гIадинал лъугьа-бахъиназдаса ва республикаялда парахалъи цIуниялъулъги кIудияб бутIа лъолеб буго терроралде данде къеркьеялъул...
