27 февралалда ДРялъул Халкъияб Собраниялъул иргадулаб сессиялда кIвар буссинабизе бегьулел суалазул цояб букIана ДРялъул омбудсмен Жамал ГIалиевасул кIалъай. Гьединго сессиялда гIахьаллъи гьабичIо республикаялъул нухмалъулев Владимир Васильевасги. Сессия рагьана ва бачана тIоцевесев вице-спикер СайгидахIмад АхIмадовас. 2019 соналда инсанасул ихтиярал цIуниялда сверухъ Дагъистаналда гьабураб хIалтIул бицине рагIи кьуна омбудсмен Жамал ГIалиевасе. Гьесул кIалъай букIана мухIканаб, тарихаздалъун...
