Запись

Политика ва психология: пачалихъалъе хIинкъи буго

Владимир Путиница Сибиралъул федералияб округалде гьабураб сапаралъул «лъалкIда» хадуб   Дица кидаго хIаракат бахъула улкаялъулги дунялалъулги политикиял балъголъа­базда хадувгъезе. Амма жакъагицин гIемерал руго жаваб батуларел суалал. Гьел суалазе жаваб батизе кумек гьабула «мухъазда гьоркьосеб» магIна цIализе бажарани.Сибиралъул федералияб округалде (СФО) Путиница гьабураб сапаралъул хIакъалъулъги цIализе ккола прессаялда рахъа­рал макъалабазул «мухъазда гьоркьосан». Кемеровоялдаги, Омскалдаги, Новосибирскалдаги ва...

Запись

Конкурс — «Дир Дагъистан»

ТIасавищана 54 чи   27 август «Дир Дагъистан» абураб конкурсалъул гIа­хьалчагIазда гьоркьоб тIобитIана жеги цоги тестирование. Бищун цIи­кIкIун баллал щварал ахIун рукIа­на финалияб тестированиялде (ретест). Ретест, тIоцебесеб тестирование гIадин гуреб, тIобитIана гIуцIари-экспертазул халкквеялда гъоркь. Гьениб гуккизе ялъуни цогидал кумекалъулал ресал ралагьизе рес букIинчIо.  ХIасилияб тестированиялда киназухъаго бажарараб цебеселда гIадал тIадегIанал хIасилал – ретесталъул хIасилалда 55 чи...

Запись

Школа базе ипотека

Каспийск шагьаралда бана 500 цIалдохъанасе бакI бугеб школа   РФялъул бакIал раялъул ва ЖКХялъул министр Владимир Якушев, Дагъистаналъул премьер-министр Артем Здунов, ДРялъул хIукуматалъул председателасул заместителасул ишал тIуралев ХIажимухIамад ХIусейнов, республикаялъул бакIал раялъул министр Малик Баглиев щвана Каспийск шагьаралда бараб 500 цIалдохъанасе бакI бугеб №11 школалде. Школа бана «Ипотека и арендное жилье» проекталда рекъон. Школа баялъе...

Запись

РакIалдещвеялъул къо

Балъгояв тушманасул квердаса МухIамадсалихI Гусаев хваралдаса сверана 15 сон   27 августалда тIобитIана Дагъистаналъул миллияб политикаялъул, информациялъул ва къватIисел бухьеназул министрлъун хIалтIулев вукIарав МухIамадсалихI Гусаев ракIалдещвезавиялъул митинг. Гьелда гIахьаллъана республикаялъул ва ведомствабазул, жамгIиял ва гIелмиял гIуцIабазул вакилзаби, ДРялъул Миннаца­лъул хIалтIухъаби. Митинг рагьана ДРялъул миллиял ишазул ра­хъалъ министрасул ишал тIуралей Татьяна Гамалейица. Гьелъ бицана МухIамадсалихI Гусаевасул...

Запись

Пенсиялъул реформаялъул рахъкквезе ахIана

РФялъул президент Владимир Путиница халкъалде хитIаб гьабуна   Улкаялъул президентас халкъалде хитIаб байбихьана Россиялъул пенсионерал цIикIкIунел рукIиналъулги, гьеб рахъалъ хиса-басиял гьаризе цебего заман щвеялъулги, реформа гьабичIого тани, ккезе бегьулеб хIалкъаялъулги ва цогидалги масъалабазул бициналдаса. Реформа чарагьечIеб иш букIиналъе далилалги рачана гьес. Гьелдаса хадуб Владимир Путиница загьир гьаруна пенсиялъул реформаялъул хIакъалъулъ гьадинал пикраби.1. Законалъул проекталда абу­леб...

Запись

ЦIалул тIахьазе биччараб гIарацгицин бикъулеб батани…

Владимир Васильевас какана школал цIалул тIахьаздалъун хьезариялъулъ бугеб ахIвал-хIал. Гьелъул хIакъалъулъ бицана лъайкьеялъул министр Уммупазиль ГIумаровалъ.— Республикаялъул цо-цо школазда руго къваригIунарел тIахьал. Масала, Агул районалъул росабазул школазда руго гъваридго паранг ва ингилис мацIал малъиялъул тIахьал. Болъихъ районалда кколелдаса цIикIкIун ратана тIахьал. РакIалда буго школазул библиотекабазда ругел тIахьазул хIисаб-суал гьабизе. Гьенир гIодор лъун ратулел руго къваригIаралги...

Запись

Каспиялъул флотилия

Дагъистаналде вачIана Россиялъул оборонаялъул министр Сергей Шойгу   МахIачхъалаялъул аэропорталда министрасда дандчIвай гьабуна ДРялъул бетIерасул ишал тIуралев Владимир Васильевасги ДРялъу­л хIукуматалъул председатель Артем Здуновасги. Гьел щвана Югалъул рагъулаб округалда, ай МахIачхъалаялдаги Каспийскалдаги Каспиялъул флотилиялъе ралел ругел объектазде. ГьабсагIаталда ралел руго гуми рещтIунел бакIал, флотилиялъул аска­риязе хIажатаб инфраструктура: казармаби, маданияталъулгун ре­кIел­гъеялъул центр, офицеразе мина. ХIалтIизе байбихьун...

Запись

Каспий – ракълил ралъад

Гьал къоязда Россиялъул, Казахстаналъул, Ираналъул, Азербайжаналъу­л ва Туркменистаналъул президентаз гъолбасал гьаруна Каспиялъул правовияб статусалъул хIакъалъулъ конвенциялда   Каспиялъул правовияб статусалъул хIакъалъулъ конвенциялъул документ хIадур гьабиялда сверухъ рехсарал бутIрузда гьоркьор чанго соналъ гара-чIвариял гьарулел рукIана. Ахирги гьел цо пикруялде рачIана.Каспий ралъад ккола нилъер бечелъи, берцинлъи, инсанасул сахлъи­цIу­ниялъе чIахIиял ресал рагьулеб гъамас. Югалдаса Севералдехун гьелъу­л халалъи буго...

Запись

Тахшагьаралъул аслияб майдан цIигьабизе буго

Владимир Васильевас тIобитIараб данделъиялда бицана Дагъистаналда шагьарал раялъулги архитектураялъулги хIакъалъулъ Лъабабилеб авгутсалда тIобитIана ДРялъул бетIерасда цебе бугеб ДРялъул шагьарал рай ва архитектура цебетIезабиялъул советалъу­л данделъи. Гьенир церелъурал масъалабазда гьоркьоб букIана Ма­хIач­хъалаялъул аслияб майдан цIи­гьабиялъул суалги. Гьениб бицана тахшагьаралъул тарихияб сипат цIуниялъулги, рекламабазул хIа­ракат низамалде ккезабиялъулги, аслияб майданалдасан транспорт хьвадиялъе рес кьеялъулги хIакъалъулъ.Регионалъул нухмалъулес абуна, гIемерал...

Запись

ДРялъул хIукуматалда

Тархазулал  технологиязул министерство Артём Здуновас хIалтIухъабазул лъай-хъвай гьабуна цIияв министрасулгун Араб анкьалъул ахиралда ДРялъу­л бетIерасул ишал тIуралев Владимир Васильевас гъолбасана Сергей Снегирев министрлъун тIамиялъул хIакъалъулъ указалда гъоркь. Анлъабилеб августалда ДРялъул премьер-министр Артем Здунов вачIун вукIана Информатизациялъулги, бухьеналъулги массовиял коммуникациязулги министерствоялде. Гьес хIалтIухъабазул лъай-хъвай гьабуна цIияв министр – Сергей Снегиревасулгун.Цевеккун министрлъун вукIарав Рашид Акавовасул хIалтIуе лъикIаб къимат...