Якутскиялъул мэралъул бажари РакIбухIун гIодани, беццаб бадисаги магIу бачIуна Якутск шагьаралъул мэр Сардана Авксентьевалъ хIалтIи гIуцIулеб бугеб къагIидаялъул хIакъалъулъ ахираб заманалда, гIемер бицунеб ва хъвалеб буго. Щибха гьелъ гьабулеб бугеб? Гъоркьиса сентябралда Якутск шагьаралъул мэрлъун йищарай гьелъул тIоцебесеб галилъун букIана жамгIияб транспорталда рекIаралъухъ босулеб багьа дагь гьаби. Хадубго цун, аукционги лъазабун, мэриялъул хириял машинаби (Toyota...
Хасаб пикру
Мэрлъун ине бокьаразул 40 чи Ахираб заманалда гIемер бицунеб буго МахIачхъалаялъул мэр вищиялъул Тахшагьаралъул мэрлъиялде кандидатлъун вихьизавун, рищиязул комиссиялде документал кьун руго 40 чияс. Гьеб цIакъго цIикIкIараб къадар ккола. Рищиязул буго аслияб масъалаги: муниципалиял идарабазде хъулухъчагIи рищиялъул кинаб къагIида нилъее рекъонкколебали халгьаби. Кин тIоритIилел муниципалитетазул рищиял? Рищиязул комиссиялъ лъикIаб хIалалда «цIалкIила» МахIачхъалаялъул бетIерлъиялде документал кьурал...
МВДялъул коллегиялда
ТIадбуссинабуна миллиардгун анлъго миллион гъуруш 2018 соналъул хIасилги гьабуна, исана тIуразе кколел масъалабиги рорхана ДРялъул МВДялъул данделъиялда Гьенир гIахьаллъана республикаялъул бетIер Владимир Васильевги, РФялъул президентасул СКФОялда бугеб вакиллъиялъул аппараталъул федералияв инспектор Алексей ХIасановги, ДРялъул хIукуматалъул тIоцевесев вице-премьер ХIажимухIамад ХIусеновги, ДРялъул хIукуматалъул вице-премьер Рамазан Жапаровги, къуваталъул идарабазул нухмалъулелги.Данделъиялда ДРялъул МВДялъул министр ГIабдурашид МухIамадовас бицана дандчIварал захIмалъабазулги...
Администрациялъул ишал
Шагьаралда бараб нур МахIачхъалаялда рагьана цIигьабун къачIараб «афгъаназул» парк 15 январалда ДРялъул тахшагьаралда махIачхъалаялъулазе ва гьалбазе тIобитIана цIигьабун къачIараб рагъухъаби-интернационалистазул парк рагьиялъул тадбир. Гьелда гIахьаллъана МахIачхъала шагьаралъул бетIерасул ишал тIуралев Мурад ГIалиевги, генерал-майор ГIумар МуртазагIалиевги, МахIачхъалаялъул рагъулаб комиссариаталъул начальник, запасалда вугев полковник Муртуз Идрисовги, «афгъаналги», жамгIиял хIаракатчагIи ва гIадатиял гIадамалги. Данделъаразда байрамги баркун, тахшагьаралъул бетIерас...
ЖамгIияталда — мустахIикъаб бакI
ДРялъул Журналистазул союзалъ кIодо гьабуна Печаталъул къо РакIрагьараб накъит ДРялъул бетIер дандчIвана республикаялъул СМИязул журналисталгун — Республикаяъул ункъо газеталъ нахъа тана гIасруялъул нух. Россиялда 100 сон тIубарал газетазул юбилеял тIоритIана кIудияб къадруялда. Нилъер республикаялда абуни гьеб тарихияб лъугьа-бахъин, гIарац гьечIин багьанаги батун, тIаса бихьизабуна. Жеги кватIун гьечIо нахъеги гьеб суалалде тIадруссине. Миллиял газетазул дагьал гьечIо...
Анкьил хIасилал
МустахIикъазе — шапакъатал Шапакъатазе мустахIикълъана росдал магIишаталъул, промышленносталъул, медицинаялъул, гIелмуялъул, лъайкьеялъул, маданияталъул, жамгIияб хIаракатчилъиялъул, пачалихъиял ва муниципалиял хъулухъазул махщелчагIи.Республикаялъул бетIерас бицана щуабилеб тIалаялдаса йортарай яс хвасар гьаюрал бихьиназул бахIарчияб ишалъул хIакъалъулъги. Яс хвасар гьаюрал Айдемир Кулдуевги ТIагьир МухIамадовги мустахIикълъана «ДРялда цере гьарурал хъулухъазе гIоло» орденазе.ДРялъул бетIерас абуна хасал шапакъатазе мустахIикъал ругин нилъер учительзабиги ва...
Лъималгун дандчIвай
Пагьмуял гIолилазухъ гьоболлъи бана Республикаялъул бетIер щвана «Кванториум» абураб лъималазул технопаркалде ДандчIваялда рукIарал цIал-дохъабазде гьадинаб хитIаб гьабуна республикаялъул бе-тIерас: «Нуж руго гIелцоязе гурелги, чIахIиязеги мисаллъун. ГьабсагIаталда нужер цIалиялъе лъикIал шартIал гIуцIун чIахIиязухъа бажарани, гIагарал соназда Дагъистанги цебетIезе буго. ЦIалулъ икъбал гьарула дица нужее, щайгурелъул гьеб мехалъ нужер нухккун унеб жамгIиятги букIине буго ритIухъаблъун, киналго рахъаз цебетIураблъун ва...
Бергьаразе шапакъатал
Грантазе мустахIикълъана ДРялъул бетIерасул грантал бергьаразда цIарал чIвана Лъайкьей ЦIиял технологиял хIалтIизарулел лъайкьеялъул идарабазул хIалтIу-хъабазе кумекалъе грантал щваразда гьоркьор руго: ДГУялъул кафедраялъул заведующий МухIамад ТIалхIатов – «ЕГЭялде хIадурлъулеб заманалда ДРялъул учительзабазе, цIалдохъабазе ва гьезул эбел-инсуе психологиябгун педагогияб кумек»; ДГУялъул профессор Анжела Дамадаева – «ДРялда сахлъиялъул рахъалъ гIунгутIаби ругел лъимал ФГОСазул къагIидаялде рачиналъулъ, учительзабазе, цIалдохъабазе ва...
БизнесчагIазе кумек
Сакъатал гIадамазда месед-гIарцул тIагIелал гьаризе малъула Наида МухIамадовалъ 18 декабралда, МахIачхъалаялда «Россия – дир тарих» тарихалъулаб музеялда тIобитIана «Мун — предприниматель» абураб федералияб программаялъул хIасилияб конгресс. Гьенир рихьизаруна гIолохъанал дагъистаниязул бищунго лъикIал бизнес-проектал ва тIобитIана пленарияб бахIс.«Предпринимательствялъул фабрика» проекталъе кьучI лъурав инвестор, тадбир нухда бачарав Айдар Булатовас бицана 2018 соналъул лъайкьеялъул программабаз данде вачун...
ХIасанхIусеновазул ахIи Путинида рагIана
20 декабралда РФялъул президент Владимир Путиница рагьараб эфиралда жавабал кьуна журналистазул суалазе унго халатаб пресс-конференция – президентас жавабал кьун рукIана ункъо сагIатгун 40 минуталъ. Иргадулаб пресс-конференция РФялъул президентас байбихьана экономикаялъул лъагIалил хIасилаздаса: «Валовияб жанисеб продукт цIикIкIине буго 1,8 проценталъ. МоцIрол харжал цIикIкIана 6,9 проценталъ. Бегьулеб къадаралда хутIулеб буго инфляция – ункъо проценталдаса дагьалъ цIикIкIун....