Запись

ДРялъул хIукуматалда

ЦIалдохъабазул эбел-инсуца кьуна ЕГЭ   МахIачхъалаялъул № 39 школалда тIобитIана «Эбел-инсуца ЕГЭ кьеялъул цогояб къо» абураб акция Гьеб къоялъ гIурус мацIалъул ЕГЭ кьуна РФялъул лъайкьеялъул ва гIелмуялъул министрасул заместитель – Рособрнадзоралъул нухмалъулев Сергей Кравцовасги, «Просвещение» басмаханаялъул президент Владимир Узуницаги, ДРялъул вице-премьер – лъайкьеялъул ва гIелмуялъул министр Уммупазил ГIумаровалъги, жамгIиял хIаракатчагIазги, журналистазги.Школалда гIуцIун букIана экзаменал кьолеб...

Запись

7,2 миллиард гъуршил багьаяб

РФялъул Оборонаялъул министерствоялъги «Дагъдизель» АОялъги къотIи гьабуна   Дагъистаналде рачIун рукIана РФялъул рагъулаб къуваталъул бетIераб управлениялъул начальник Анатолий Гуляевги, Оборонаялъул министерствоялъул оборонаялъул пачалихъияб заказазул департаменталъул нухмалъулев Андрей Вернигораги. Гьелгун цадахъ 28 февралалда ДРялъул хIукуматалъул председатель Артем Здунов щвана «Дагъдизель» заводалде. Заводалъул генералияв директор Раул Илясовас гьалбал рачана цехалде, ва хIалтIухъабаз гьезие бицана хIадур гьабулеб къайиялъул...

Запись

Закон ва инсан

2017 соналда ЦIех-рехалъул управлениялде бачIана 5,5 азарго такъсир гьабиялъул хIакъалъулъ баян ДРялъул бетIерасул ишал тIуралев Владимир Васильев гIахьаллъана РФялъул ЦIех-рехалъул управлениялъул Дагъистаналда бугеб ЦIех-рехалъул комитеталъул данделъиялда. Рехсараб комитеталъ гъоркьиса гьабураб хIалтIулги 2018 соналда церечIарал масъалабазулги хIакъалъулъ данделъиялда бицана комитеталъул нухмалъулев Сергей Дубровиница. «Следователаз халгьабулеб букIана 2,2 азаргоялдаса цIикIкIун уголови­яб делоялъул. Гьезда гьоркьоса ахиралде щвезегIан цIех-рех гьабуна...

Запись

Инсанасул ихтиярал цIуни

Къварилъиялъ халкъ гъункизабуна   Дагъистаналде щвана РФялъул президентасда цебе гIуцIараб Гражданияб жамгIият цебетIезабиялъулгун инсанасул ихтиярал цIуниялъул советалъул (СПЧ) вакилзаби.20 февралалда СПЧялъул вакилзаби ана Гъизляралде. Гьез тIугьдул лъуна килисаялдаса къватIире рачIунаго, насраниял чIвараб бакIалда. Гьел данд­чIва­на хваразул гIагарлъигун ва гьезда зигараги бана. Инсанасул ихтиярал цIунулел щвана килисаялде. Гьениб букIана Ма­хIачхъа­лаялъулги Грозныялъулги епар­хия­лъул епископ Варлаамилгун данд­чIвай. «Нижеца...

Запись

Журналистазулгун дандчIвай

ЦIияй министралъул цIиял ишал   Жий диналде дандечIарай гIадан гурин лъазабуна Е. Толстиковалъ Екатерина Толстиковалъул цIар лъикIго лъала Дагъистаналъул учительзабазда. Гьелъ хIаракат бахъулеб букIана республикаялда лъайкьеялъул даража борхизабизе. Амма лъаларо щаяли, бачIинахъего къабуллъичIо гьей лъайкьеялъул жаваб кьолезе. Гьелъ хIалбихьун букIана, масала, учителасе хIалтIул категория гьабулаго, хиса-басиял гьа­ризе. Гьелъул нухмалъиялда гъоркь рагьана МахIачхъалаялда гIелмабазул гьитIинаб академия....

Запись

Сессия

Хъулухъалде тIамизе ккани…   Пачалихъияб яги муниципалияб хъулухъалде лъугьунев чиясе бигьалъаби гьаруна 22 февралалда тIобитIараб ДРялъул Халкъияб Собраниялъул сессиялда бицана ««ДРялда пачалихъияб граж­данияб хъулухъалъул хIакъалъулъ» абураб ДРялъул законалъул 10-абилеб статьяялдаги «ДРялда муниципалияб хъулухъалъул хIакъалъулъ» абураб ДРялъул законалъул ичIабилеб статьяялдаги хиса-басиял гьариялъул хIакъалъулъ» абураб законалъул проекталъул. Рехсарал законазда хиса-басиял гьаризе ккола гьел федералиял законазде рекъонккезариялъул мурадалда.ГьабсагIаталда...

Запись

Турниралде хIадурлъи

Гьалбадерие санагIатал шартIал гIуцIизе руго   Исана апрель-маялда Каспийскалда тIобитIизе буго спортивияб гугариялъул рахъалъ Еропаялъул чемпионат Дагъистаналъул бетIерасул ишал тIуралев Владимир Васильев дандчIвана «Россиялъул спортивияб гугариялъул федерация» абураб ТIолгороссиялъул жамгIияб гIуцIиялъул президент Михаил Мамиашвилигун ва «Гугариялъул цолъизабураб дунял — Европа» абураб халкъазда гьоркьосеб федерациялъул вице-президент Георгий Брюсовгун. Гьез бицана чемпионаталде хIадур­лъи гьабулеб бугеб куцалъул. Аслияб...

Запись

Такъсир ва тамихI

ГIадлу гьабизе букIин бичIчIизабуна   ДРялъул бетIерасул ишал тIуралев Владимир Васильевасги РФялъул генералияв прокурор Юрий Чайкацаги тIобитIана данделъи Данделъиялда хIасил гьабуна республикаялда генералияб прокуратураялъ тIобитIараб халгьабиялъул. Аслияб мурад букIана Дагъистаналда закон цIуниялъул хIал лъазаби. Юрий Чайкаца абуна улкаялъул президентас республикаялъул прокурорлъун тасдикъ гьавунин Денис Попов. «Россиялъул президентасул указалда рекъон, Денис Попов щуго соналъул болжалалда Дагъистаналъул...

Запись

Анкьил хIасилал

ЛъикIаб хIалбихьиялдаса пайда боси   Араб анкьалъ Дагъистаналде щвана Татарстаналъул вакилзаби Татарстаналдаса рачIарал гьалбадерида гьоркьов вукIана гьезул бетIер Рустам Миннихановги. Гьевгун дандчIвана ДРялъул бетIерасул ишал тIуралев Владимир Васильев. Гьел цадахъ щвана республикаялъулаб МФЦялдеги, ахирал соназда рагьарал предприятияздеги, Гьудуллъиялъул рокъореги. Татарстаналъул вакилзаби Дагъистаналде рачIун рукIана республикаялъул промышленниял предприятиязул хIалтIул хIалбихьиялдаса пайда босизе. Гьезулгун гьарурал цадахъал сапараздаса...

Запись

Сессия

ХIукуматалъул цIияв председатель Цогидал регионазул хIалбихьиги кьочIое босун Дагъистаналъул Халкъияб Собраниялъул иргадулаб сессия букIана гIадатияб гуреб. Халгьабиялде босун букIана гIицIго цо суал — Дагъистаналъул хIукуматалъул председателасул хъулухъалде чи тIами.ГIажаибаб сихIкъотIиялъул ахIвал-хIалалда кIалъазе ва­хъа­рав республикаялъул бетIера­сул ишал тIуралев В. Васильевас бицана республикаялда бу­геб лъикIаб гуреб ахIвал-хIа­лалъул. Дагъистаналда гIицIго Газпромалъе кьезе бугеб налъул къадар чанго миллиардалде бахун...