Запись

Анкьил хIасилал

ЦIалдохъаби кIодо гьаруна   ГIолилаз бихьизабуна жидерго лъайги махщелги Дагъистаналъул бетIерасул ишал тIуралев Владимир Васильев данд­чIвана тIолгороссиялъул олимпиадабазул призерал ГIабдулкъадир Бучаевгун (математика), Замир ГIа­шурбеговгун (информатика), Му­хIамад МухIамадовгун (ОБЖ) (гьев ккола ЦIумада районалъул ТIин­ди росулъа), «ЧIагояб классика» кон­курсалда бергьарай Фатима Ми­кагIиловагун, гьезул учительзабигун ва эбел-эменгун. Республикаялъул нухмалъулес, цIал­дохъабазда бергьенлъиги баркулаго, абуна:— КIудияб баркала буго нужее камилаб...

Запись

ЧIагояб эфир

Халкъалъулгун ракIрагьараб накъит   Хамиз къоялъ улкаялъул президент Владимир Путиница 16-абилеб нухалдаги халкъалъул суалазе жавабал кьуна. Исана тадбир тIобитIана дагьаб батIияб хIалалда: видеобухьеналъул кумекалдалъун цо-цо суалазе жавабал кьезе тIамуна министрал, регионазул нухмалъулел, хIукуматалъул хIалтIухъаби. Улкаялъул президентас суалазе жавабал кьуна  4 сагIатгун 25 минуталъ. Гьеб араб куцалъул ва кIвар бугел цо-цо суалазе кьурал жавабазул хIакъалъулъ нужеда...

Запись

Анкьил хIасилал

Исана базе буго анлъго школа   ХIалтIи гьечIолъиялъул рахъалъ Россиялъул регионазда гьоркьоб 53-абилеб бакIалда букIараб республика 2015-2017 соназда бачIана 23-абилеб бакIалде Дагъистаналъул бетIерасул ишал тIуралев Владимир Васильевас 28 маялда тIобитIараб данделъиялда бицана хIалтIулел бакIаздалъун гIадамал хьезариялъул хIакъалъулъ.— Ахираб лъабго соналда жаниб хIалтIи гьечIого хутIаразул къадар дагьлъана 284 азарго чиясдалъун. Жакъа къоялда бищун хIажатаблъун кколеб буго...

Запись

Сессия

Законалъ мухIкан гьабун гьечIо   Халкъияб Собраниялъул анлъабилеб ахIиялъул къоло лъабабилеб сессиялда гьоркьоб лъуна 23 суал Халкъияб Собраниялъул председателас, гьоркьоб лъезе босун букIинчIониги, рахьдал мацIазул суалалда тIасан кIалъазе рагIи кьуна Пачалихъияб Думаялъул депутат ХIажимет СафаргIалиевасе. Хиз­ри ШихсагIидовас абухъе, гье­лъие гIиллаги букIана рахьдал ма­цIазда сверухъ гIемераб хабар тIи­битIизабулеб букIин.Депутатас баян кьуна «Лъайкьеялъул хIакъалъулъ РФялъул законалда хиса-басиял...

Запись

Халкъалъ кьела къимат

21 маялда Москваялда тIобитIана «Цогояб Россия» партиялъул «Направление 2026» абураб темаялда конференция Дагъистаналдаса конференциялда гIахьаллъана республикаялъул бетIерасул ишал тIуралев Владимир Васильев, ДРялъул Халкъияб Собраниялъул председатель, партиялъул регионалияб отделениялъул секретарь, партиялъул генералияб советалъул член Хизри ШихсагIидов, партиялъул регионалияб отделениялъул секретарасул тIоцевесев заместитель СайгидахIмад АхIмадов.Гьенир гьоркьор лъун рукIана Россиялъул президент Владимир Путинил «маялъул» указал гIумруялде рахъинариялъул ва...

Запись

ЦIияб хIукумат ва Владимир Путинил маялъул указ

Щиб цIияб жо бугеб нилъер жанисеб политикаялъулъ ва щиб букIине бегьулеб анлъго соналда жаниб?   ЦIияб хIукумат гIуцIулаго, Владимир Путиница гIезегIан хиса-басиял гьарилин хьул букIана. Киналго балагьун чIун рукIана, тIокIаб жо гьечIониги, цIияв премьер телин, амма нилъеда цIидасан тахида вихьана кIиабилев чи — Дмитрий Медведев. Коммунистазда, социалистазда ва национал-патриотазда (лево-патриотикияб къуват) ккун букIана Путиница Павел...

Запись

Бадиб магIу хулараб рохалил байрам

Киданиги кIоченаро нилъее гIоло гIумру кьуралги жакъа чIаго ругелги рагъул гIахьалчагIи   ДРялъул бетIерасул ишал тIуралев Владимир Васильев гьеб къоялъ щвана щивав рагъул гIахьалчиясда аскIове, кверги бачун, баркана Бергьенлъиялъул байрам. Хадуб байбихьана рохалилаб митингги. Гьелда гIахьаллъи гьабуна ДРялъул бетIерасул ишал тIуралес, Халкъияб Собраниялъул депутатаз ва республикаялъул хIукуматалъул, МахIачхъала шагьаралъул нухмалъулез, рагъул гIахьалчагIаз, студентаз, школлъималаз, гIолилазул...

Запись

Улкаялъул президент нахъеги тахида

Россия: жакъа ва метер   Анкьабилеб маялда Владимир Путиница ункъабилеб нухалдаги президентасул хъулухъалде лъугьиналда бан, улкаялъул аслияб законалда тIад кверги лъун, гьа бана ва халкъалъул хIажалъаби тIураялъе бажарарабщинаб гьабизе бугин абуна. Гьелдаса хадуб РФялъул Конституциялъулаб судалъул председатель Валерий Зорькиница лъазабуна гьанжеялдаса нахъе Владимир Путин РФялъул президент кколин ва баркана гьесда тIадегIанаб хъулухъ. Данделъаразда цеве кIалъалаго...

Запись

НАТОялъул базаби. Геополитикиял хIаял

Казахстаналъ изну кьуна СШАялъе Курык ва Актау портаздаса рагъулал мурадазда пайда босизе   Араб анкьида Казахстаналъул парламенталъул Сенаталъ къабул гьабураб протоколалда рекъон, ихтияр кьолеб буго Каспиялда ругел Курык ва Актау абурал портаздаса Америкаялъул рагъулаб къайи Афгъанистаналде рехизе. Гьелде тIадеги, рехсарал улкабазул вакилзабаз 2017 соналда гъолбасараб «Рагъулал бухьеназул хIакъалъулъ» къотIиялда рекъон, Актауялда базе буго НАТОялъул рагъулаб...

Запись

Ракьцоял – республика бахун къватIир

Москваялда — дагъистаниязул бизнес-годекIан   19 апрелалда Москваялда ДРялъул вакиллъиялда тIобитIараб тадбиралда гIахьаллъи гьабуна 70-ялдасаги цIикIкIун дагъистанияс Аслияб къагIидаялда гьел ккола бизнесменалгун студентал. Тадбир нухда бачана МахIачхъалаялъул бизнес-жамгIияталъул (БИСОМ) председатель ГIабдулхIаким Пахрудиновас, ва гьеб данделъиялъул аслияб мурадги букIана Москваялда БИСОМалъул филиал рагьи. Данделъиялъул байбихьуда бихьизабуна БИСОМалъул хIалтIул хIакъалъулъ бицунеб документалияб фильм. Цинги ГIабдулхIаким Пахрудиновас бицана...