Сельсовет хисун — территориалиял отделал

18 январалда ДРялъул Халкъияб Собраниялъул депутатаз къабул гьабуна росабазул администрациязда хурхун бахъараб федералияб законалъул проект («Об общих принципах организации местного самоуправления в единой системе публичной власти»). Гьелъие разилъи кьуна 63 депутатас. ДандечIана кIигояв. Анкьго депутатас хIукму гьабуна вуцIцIун чIезе. Гьеб законалъул проекталъул хIакъалъулъ бицана законал рахъиялда, пачалихъияб гIуцIиялда, бакIалъулаб нухмалъиялда ва регламенталда хурхун гIуцIараб ДРялъул Халкъияб Собраниялъул комитеталъул нухмалъулев Артур Исрапиловас. Гьесул рагIабазда рекъон, сенатор Андрей Клишасицаги РФялъул Пачалихъияб Думаялъул депутат Павел Крашенинниковасги ургъараб федералияб законалъул проект ккола гьеб. ЦIияб закон къабул гьабиялдалъун Дагъистаналъул росаби лъугIунтIагIун ине рес бугилан бахъараб ахIи-хIур гIададисеб жо бугин абуна Исрапиловас.

Исрапиловасул баян

«Картаялда цониги росдал цIарги хутIизе гьечIин, нужеего бокьа- раб гьабулел рукIаян росабазул гIадамалги тезе рагIулин буго хъуй. ГьечIо. Киналго росаби рукIахъе хутIула. Муниципалиял районазул бакIалда гIуцIизе руго муниципалиял округал (гьанжелъагIан ругел гIорхъабиги цIунун). Къарал администрациязул бакIалда гIуцIизе руго территориалиял отделал. Гьез тIуразе руго хал- къалъул тIалабал. Администраци- яз гьабулеб букIаралдасаги лъикI гьабизе буго гьез хIалтIиги. Гурони гьабсагIаталда росабазул администрацияз гIемерисеб ме- халда нахъчIвазе ккола жидехъе рачIарал гIадамал. Гьез гьел райо- назде ритIула, щайин абуни гьезул тIалабал тIураялъе гIураб гIарацги ихтияралги жидехъ гьечIолъиялъ. Гьанжеялдаса хадуб росабалъ рагьарал территориалиял отделазул хIалтIухъабаз бигьаго тIаса ккеза- ризе гьечIо гIадамал. Щайгурелъ- ул гьеб ишалъулъ пачалихъалъул кIвар цIикIкIараб букIунелъул», — ин бичIчIизабуна Артур Исрапиловас. Администрациязул хIалтIухъаби хъулухъаздаса махIрумлъулел рукIиналда бан, гьес мухIкан гьабуна цIигIуцIарал отделазде хIалтIизе лъугьине бегьулин гьелилан абун. Киналго регионазда гьеб закон къабул гьабун хадуб муниципали- тетазул къадар дагьлъизе буго – къоазаргоялдаса цIикIкIун муници- палитеталъул бакIалда лъабазарго хутIула. Гьеб законалъул хIалбихьун буго Москва, Пермь, Кемерово, Нижний Новгород областазда ва Ставрополь краялда. Артур Исрапиловас бицана законалда бихьизабун бугила, гIадамазе бокьани, росулъ староста абун чи тезеги. Халкъалъул суалал цIикIкIун тIалъиялда рагIизе рукIине, гьездаги власталдаги гьоркьов вукIунев чи ккола гьев. Амма гьеб хIалтIухъ гье- сие гIарац кьоларо. Староста абураб цIар бокьичIони, регионалъ гьебги батIайисан хисизабула.

Тухум кIудияв вищула бегавуллъун

Гьелда тIасан жиндирго пикру загьир гьабуна депутат МухIамад ПатхIулаевас. «Ахираб къого сон буго нилъер №131 федералияб закон какулелдаса. Улкаялъул Конституция хисиялда бан, гьанже Пачалихъияб Думаялъ бакIалъул нухмалъиялда хурхараб законги хисизабуна. Амма гьелъул бицунелъул цо-цо блогеразги журналистазги къабихI гьарун, тIубан къимат хвезабулеб буго парламенталъулги Пачалихъияб Думаялъулги депутатазул. Гьеб букIине бегьулеб жо гуро. Гьединлъидал чиясул къа- дру-къимат гIодобегIан гьабулел жалазул анализ гьабеян, ДРялъул прокуратураялде хитIаб гьабизе бо- кьун буго дие. Дун гIезегIан мехалъ хIалтIана муниципалияб гIуцIиялъул нухмалъу- левлъун. Гьединлъидал дида кутакал- да лъикI лъала росабалъ бегавулзаби кин рищулелали. Гьеб буго кьибилтухум кIодолъиялда бараб жо. Кина-кинал тIалабал гьабсагIа­ талда гьел росабазул администра- циязда тIаде кколел? Балкан жаниб букъулел бакIазда хадуб халкквейги (гьениса хъублъи къватIибе бачIине биччачIого), росабалъе гьекъолеб лъим бачинги. Рищни-къул бакIа­ риялъул суалги тIаса босана гьезда­ са. ХутIарал суалал районазул да­ ражаялда тIурала», — ян бицана ПатхIулаевас. Хадувги гьев тIад вуссана бло- геразулгун журналистазул тема- ялде. Печаталъул министерствоги, чанго батIияб мацIалда къватIире риччалел миллиял газеталги ругеб мехалда нилъ щай руцIцIун чIун ругелалиги бичIчIуларин абуна МухIамад ПатхIулаевас. Халкъалда лъаларелъулдила нилъее гьабизе къваригIараб жо. Гьединлъидал нилъ руцIцIун чIун ругебгIан заманалда блогерал бергьунел ругила. Жибго гьеб закон бахъизе кватIунгицин ругин абуна ПатхIулаевас: «Районалъул бетIерас щай росдал бегавуласе выговор кьезе бегьулареб? Гьединго респу- бликаялъул бетIерас щай райо- налъул бетIерасе кьезе бегьулареб выговор? Бегьуларилаха. Нилъеца Европаялъул хартиялда гъоркь гъулбасун бугила. Гьеб ккола нилъер гучаб улка биххизабиялда гъоркь гъулбас гьаби. ТIоцебесеб къоялдаса нахъего инкар гьабизе кколаан нилъеца Америкаялъулги Европаялъулги рахъккурал гьел за- коназдасаги демократиялдасаги. Нилъер нилъерго руго демократи- яги хIалтIул къагIидабиги, хасго республикаялда миллияб политика билълъанхъизабиялда хурхарал къагIидаби». Пачалихъиял СМИял руцIцIун чIун ругин МухIамад ПатхIулаевас загьир гьабураб пикруялъул рахъккуна депутат СултIан Ибрагьи- мовасги. Гьеб сессиялда Артур Исрапиловас гIадин мухIканго гьеб закон бичIчIизабурабани, хал- къалда гъорлъ разилъи гьечIолъи букIинароанин абуна гьес. Цересел соназда ДРялъул нух- малъиялда хIалтIарав ГIалибег ГIалиевасги рикIкIунеб буго 704 муниципалитеталда хурхараб, гIезегIан кIвар бугеб закон дагьабги ургъун хIадур гьабуни лъикIаб букIинаанин абун. ПалхIасил, закон къабул гьабуна. Гьелъул хIасил кинаб ккелебали заманаялъ бихьизабила.

Зульфия ХIажиева