«Я хIалтIизе, яги хъулухъалдаса нахъе ине ккела»

Исана миллиял проектал кин рагIалде рахъунел ругелали бицана ДРялъул нухмалъулев Сергей Меликовас 9 ноябралда Дербенталда тIобитIараб данделъиялда.

Гьеб букIана стратегия цебетIеялда ва проектал гIумруялде рахъинариялда бан ДРялъул бетIерасда цебе гIуцIараб Советалъул дан­делъи.

Гьес бицана гьеб рахъалъ гIунгутIаби ругилан. Гьединлъидал лъа­забуна проектазул иш тIаде кколев хъулухъчи яги хIалтIизе, ялъуни хъулухъалдаса нахъе ине кколилан.

Меликовас мисалалъе бачана МахIачхъалаялда бугеб Къоркъмасо­васул (Советская) къотIноб гьабулеб реконструкция. Исана 15 дека­бралде лъугIизе кколеб букIараб гьеб хIалтIул тIоцебесеб бутIа хадуб бехъерхъун хутIизехъин буго. «Гьенибе биччараб гIарцул цIехрехги гьабун, гьаб ноябрь ахиралде щвелалде дие жаваб кьеян тIадкъалеб буго дица ХIисабалъулаб палатаялда», ян бицана С. Меликовас.

Гьединго контролиябгун финансазул управлениялда тIадкъана рищникъул бакIариялда бан гIуцIарал проектазе республикаялъул ТIабигIиял сурсатазул ва экологиялъул министерствоялъе биччалеб гIарац кин харж гьабун бугебали лъазабизе.

ХIукуматалъул председателасул тIоцевесев заместитель Нюсрет ГIумаровас бицана исана къабул гьабизе хIисабалде босараб 585 кон­тракталда гьоркьоса къотIикъай гьабун гьечIин жеги 70 контрак­талъул.

Данделъиялда гьединго рехсана лъикIал мисалалги.