Огь, букIараб лъикIаб заман…

1958-1959 цIалул соналда дун ана Начада росдал школалда цIализе. ГIемер ракIалде щола, байбихьул классалде вачIиндал букварьги кьун, цIализе ва хъвазе малъарай гIурус учительница Таня (фамилия кIочана). Гьелда цадахъ рикIкIадаб Россиялдаса нижехъе ячIун йикIана жеги лъабго учительница. КIочон толаро, дун захIматго унтараб мехалда, нижехъе рокъоеги ячIун, Нина абурай учительницаялъ, жиндирго ботIродасаги бахъун шал дир горбода жемараб ва, ахIиги бахъинабун, дун больницаялде хехго щвезавураб къо.

 

 

Пионераллъун рахъараб мехалда нижер дружина бикьана отрядазде ва звенобазде. Гьенир тIоритIулаан батIи-батIиял конкурсалги хIаялги. «Будь готов!» – «Всегда готов!» абурал жалги малъана гьез. Комсомолалъул гIумруялде щведал, тIадчIун лъазабизе кколаан Устав ва цIалулъги гIадлуялъулъги хIаракаталлъун рукIинеги школалъул жамгIияб гIумруялда гIахьаллъизеги кколаан.

 

Бицина дирго гIумруялда ккараб цоги лъугьа-бахъиналъул хIакъалъулъги. Росдал школалда хIалтIулаго, дица цадахъго гьабулаан комсомолалъул гIуцIиялъул хIалтIиги. Гьединаб дир хIаракатчилъиги бихьун, комсомолалъул райкомалъ дие кьун букIана Россиялъул церегосел ва берцинал шагьаразде сапаралъ ине рес кьолеб «По золотому кольцу» абураб путевка. Гьедин сапар бухьана дица Ярославль областалъул Ростов Великий шагьаралде. Путевка букIана «Спутник» абураб Халкъазда гьоркьосеб гIолилазул централъул гIуцIиялъул рахъалдаса кьураб. Ярославлялда ниж лъикI къабул гьаруна. Гьенире щун ратана тIолабго Совет Союзалдаса гIолилал (комсомолал).

 

 

Доб мехалда бихьаралъул бицун хIал кIвеларо, хIалтIи гIуцIун букIун буго кутакалда берцинго. Рачунаан аскIор ругел шагьаразде ва музеязде. РакIалда хутIана Петр I-сесул, Иван Грозныясул музеял, машгьурав хъвадарухъан Алексей Некрасовасул рукъ, Волга гIурул рагIалда аскIоса гIебеде ругел гIемерал шагьарал ва цогидалги берцинал бакIал.

 

Нижер туристазулаб къокъа бикьун букIана кIиго секторалде: культмассовиябги спортивиябги. Анкьго къо Ярославлялдаги бан, нижер цо къокъа ана Москваялде, кIиабилеб – Ленинградалде. Москваялда «Турист» гостиницаялда бана анкьго къо. Щвана БагIараб майданалде, Мавзолеялде. КIиго сагIаталъ иргаялдаги чIун, вихьана Ленин, Кремлялъул къадал, «Царь Пушка» ва цогидал бакIал. Гьенир сураталги рахъун, ниж тIад руссана. Гьединго ниж рачана Москваялъул тарихияб кIвар бугел ва берцинал бакIал рихьизе.

 

 

1990 соналда дун восун вукIана КПССалъул членлъиялде. Партбилет дихъе кьолаго, партиялъул райкомалъул секретарас абуна: «Партиялъе бищунго захIматаб заманалъ вачIунев вуго мун нижер кьеразулъе, кьеги дуе икъбал ва сахлъи», — ян. Амма гьесул гьари къабуллъичIо.

 

Биххана СССРги, нахъе ккана дирго сахлъиги. Гьанже гIемер пикраби гьарула добги гьабги заманалъулги, арабги жакъасебги гIумруялъулги ва пашманлъизе бачIуна. Кин букIаниги, лъикIаб букIана советияб заман.