Жакъаги мун нижей хIажат вугев куц

 

 

БачIун рии бихьун мурад тIубарал,

Магьди имамасде воре дир салам.

Дин бичараб къавмгун къацандилаго,

Къадар щварав дие дугIаян абе.

Накъшубандияб шазалияб ва къадирияб тIарикъаталъул к1удияв устар, къутIбу СагIид-афандиясул назмабазда гьоркьоб букIараб гьаб ункъабго мухъ нилъер гIемерисезда бихьана, рагIана ва кIвар кьун гьеб цIализе нилъ тIамуна гьев ракьалдаса ун хадуб. 28 августалда ичIго сон сверула, исламалъул тушбабаз къорги гъун ЧIикIаса кIудияв шагьидлъаралдаса.

«Дун чIвазе дир рокъове вачIарав чиясе дица квал квал гьабиларо, гьес гIицIго Аллагьасда цебе кьела гьелъухъ жаваб». Гьелги ккола кIудияв устарасул тарихалде арал рагIаби. ХIакъикъаталдаги живго кьвагьизавизе рокъое жание ячIарай гIаданалъе щибниги квал гьабичIо гьес. Бакъани какдаса хадур устарас гIадамал тIаде къабул гьаруларин, гьесул кумекчагIаз нахъчIвалей йикIарай гIадан, жицаго гьес къабул гьаюн йиго, гьанже гьей нилъехъа ккун бажаруларинги абун. Хъулухъалъе жиндаго аскIов вахъун чIун вукIарав гIолохъанчиги, къватIиве витIанин гьесилан бицуна. Гьес тIаде нуцIа къан чанго секундалдасан бахъун буго вахIшияб кьвагьи. Гьединаб ккана СагIид-Афандиясул гIумруялъул ахир. ЧIвадарухъабазул квердаса камизе вугин гьевилан абураб пикру, щаяли киданиги бачIинчIо дир ботIролъе. Гьесда цереги анцI-анцI исламалъул церехъаби, бергьарал гIалимзаби бидулазул квердаса хваниги, устарасул гIумруялде квер борхизе кIолеб къуват батиларин ракьалдаян кколаан. БукIун буго…

Жакъа нижеца кьолеб буго кIудияв устарасе сайигъат гьабураб проект. СагIид-афандиясул хIакъалъулъ хъварабги абурабги гIемераб буго, нижеца хIаракат бахъана  гьелда гьоркьоса бищунго интересаб, къиматаб ва цIалдолезул ракI тIаде цIалеб гIадаб тIаса бищизе.

Гьесул даражаялъул гIадамал гьалдаса хадур тIокIал рукIинаро. КIудияб талихI буго гьединал устарзаби нилъер гIумруялда рати. Гьезул баракаталъ цIунун бугин Дагъистан кIудиял гIала-гъважаяздаса ва питна-балагьалдасаян абулеб буго гIалимзабаз. Живго ракьалдаса аниги ЧIикIаса КIудиясул баракат камун нилъ хутIугеги. Къиямасеб къоялъ гьесул шафагIаталъул бутIа щолелъунги ратаги киналго. Амин.

Ашахан Юсупов