ТIерхьунарел цIваби

 

Гьаб буго рахIимакуллагь, I996-98 соназда республикаялъул муфтилъун вукIарав СайидмухIамад-хIажи Абубакаров шагьидлъун анцIго сон барабго, шагIир ва публицист Шамил районалъул Гъоркьбакълъухъа МухIамадрасул ГIумаровас хъван букIараб макъала.

Сайидмухlаммадил цlва

Анцlго сон. Нилъее, гьаб ахир заманаялъул гlумру къокъал чагlазе, анцlго сонги гlураб заман буго. Гlезегlан гlемер хlалтlи гьабизе ресги букlинарищха гьебгощинаб заманалда. Ахираб анцlго соналъ нилъеда гьоркьов гьечlо Сайидмухlаммад-хlажи. Гьесул цlаралда аскlоб лъезе кколаро баяналъе цоги рагlаби. Чlагоги, хведалги, машгьураб, щивав дагъистаниясда лъалеб цlар буго гьеб. Сунцаха гьеб цlар машгьурлъараб, сунцаха нилъ, сонал аниги  ракl унтун, гьесул бицине тlамулел ругел? Досул гlумруялъулги нилъ ругеб заманаялъулги дагьабго пикру гьабизе тlамулев вуго дун,  августалъул кlиабилеб бащалъи тlаде щведал.

Сайидмухlаммад-хlажи Абубакаров накълулъи Тlадегlанав Аллагьасул бацlцlадаб къадар буго, ва дунял-гlаламго данде бахъаниги, рикlкlун кьурал къоял лъугlаралго, щивниги гьанивги толаро. Нилъ киназдагоги цебе бугеб жо буго хвел, ва киназего балъголъиги буго щиб къагlидаялда нилъ гьелда дандчlвалелали. Чlикlаса Сагlид-афандияс хъвалеб буго:

 Рахlманас рокьаразе кьолел даражабазул,

 Давлаги цадахъ босун, ана Сайидмухlаммад.

 Ягlсубиюназ толеб бахlарчияб цlаралъул,

 Лъалкlалги нилъее тун, тана гlолилас дунял.

Гьаниб ягlсубиюнал абураб рагlул магlна буго церехъаби абураб. Тарихалда киса-кибего буго цевехъанасул цlаралда рекъон, гьесул ишазухъ, гьес тарал лъалкlазул хlисаб гьабун, досул заманаялъеги, доб заманаялъул гlадамазеги къимат кьолеб. Сагlид-апандиясул каламалъ нилъее баян гьабулеб буго Сайидмухlаммадица бахlарчияб цlаралъул лъалкlал танилан. Щиб бахlарчилъиха гьес бихьизабураб, щиб гьунарха гьесулъ букlараб?

 Цlар лъезе лъаларебгlан захlматаб, хlабургъараб заман букlана доб. Миллатчилъи щула гьабизелъун, щивас байбихьана жидерго миллаталъул динияб идара рагьизе, лъарагlазул, даргиязул абун цlаралги лъун. Гьеб букlана Дагъистаналъул цолъиялъе бищун кlудияб зарал гьабизе рес бугеб рахъ. Гьелда хадур раккилаан миллатазул цlарал чlварал мажгитал, мадрасаби. Гьеб цlалун лъугlаразги исламалда миллат батlа бахъуларин абураб жо къватlибе лъазе биччачlого къинабилаан. Гьелъул хlасилалда тунка–гlусиялги кьалги гlемерлъилаан. Исламалъул кинаб сурат гьеб мехалъ хутlилебали Аллагьасда лъала. Гьеле гьединаб хlалуцараб заман букlана тlоцеве Сайидмухlаммад-хlажи динияб идараялде муфтиясул заместителлъун хlалтlизе вачlарав мехалъ. Гьитlинаб къоялдасаго, гlакъилаб, лъикlаб калам рагlарав, шайихзабазул тарбия щварав, живгоги лебалав гьесул кlудияб кумек щвана муфтиязе, Дагъистаналда цогояб идара гьабиялъе.

Гьелдаса гlемер заманго инчlого, Сайидмухlаммад-хlажи живго вищана Гlалимзабазул Советалъ Дагъистаналъуль муфтилъун. Гьанжего гьанже цолъараб, гьанжего гьанже хlатlазда чlезе лъугьараб, жеги хlукуматалдаги цоги пачалихъиял хlаракатчагlаздаги цебе рукlалиде ккечlеб, рикьалабаз кlвекlулеб идара щвана гьесухъе. Гьеб букlана I996 сон.

Гьебги кколеб буго миллиял багъа-бачариязул гучги цодагьаб гlодоцараб, диналдалъун цо-цояз цlар-рецц гьабизе лъугьараб сон. Гьезие батlалъи букlинчlо, кин гьабуниги, щиб гьабуниги, тlадчилъиги бетlеркlодолъиги щваралдаса нахъе. Гьел церехъабазе, тlоцебесеб иргаялда, хlажат букlана Дагъистаналъул динияб идараялъул кумек ва кверчlвай. Сайидмухlаммад-хlажиясда цlакъ хехго бичlчlана гьезул ният, цереги рихьун лъалел рукlана щиб мурадалда рагъарулел ругелали. Гьес тlоцебего бичlчlизабуна киназдаго ислам цо чиясул мурадазда яги кинаб бугониги къокъаялъе тlалъи балагьиялъе  хlалтlулеб алат гуреблъи ва гьев живгоги гьединал мурадазда хlалтlизе вачlун гьечlевлъи. Гlемер хlал бана гьесда, гlарцудалъун букlа, къуваталдалъун букlа, цоги-цоги хlиллабаздалъун букlа, амма Тlадегlанав Аллагьас гьев вацlцlадго цlунана, жакъа нилъги метер нилъер наслабиги бахиллъилеб хlалалда. Гьеб буго доб шайихзабазул тарбиялъул баракат, доб гьитlинаб къоялдасаго рекlелъе тlураб ритlухълъиялъул асар. Гьеб буго доб ислам, иман ва ихlсан цадахъго бачине кколеблъи нилъее бихьизабулеб мисал. Дагъистаналда гуребги, Россиялдаги гьеб бахун къватlибехунги исламалъул гьаракь рагlизабун, нилъер гlалимзаби лъидасаго нахъе ккечlел, хlатта церетlуралги ругеллъи бихьизабизе бажарана Сайидмухlаммадида, муфтилъун хlалтlулеб кlиго гlечlеб соналда жаниб. Гьев кидаго битlараб рагlи абизе цеве вахъине нахъе къачlо. Гьес жиндирго ритlухълъиялъ, бокьаниги бокьичlониги, чанги кlуди-кlудияв хlакимчи тlамуна гlалимзабазул пикруялъухъги гlенеккизе, гьес бихьизабуна жамгlияталда гьоркьоб гlадамасул рукlа-рахъиналъулги гьесул яшавалъулги ургъел бищунго цlакъ гlалимзабаз гьабулеб бугеблъи.

 

Тlоцеве цlалун лъугlарав чи Сайидмухlаммад-хlажи тохтурлъун хlалтlизе витlун вукlана Чачаналъе. Гьес, гьенив хlалтlулаго, гlезегlан саналги рана. Гьесда лъикl лъалаан гьеб миллат, гьезда бихьараб гlакъуба-къварилъи. Нахъа гьеб республикаялда рагъги ккараб, чlунталиде гьебги сверараб мехалъ, кlудияб пашманлъиги ва гьениб багъарарб хъамалчагазда цlакъ ццинги букlана гьесул. Чанго сапар бухьана гьес гьалмагъзабигун цадахъ Чачаналде.

Сайидмухlаммад-хlажи гlемер цеве вахъунаан вагьабиязул заралалъул бицун, гьезул мурадал къватlир чlвазарун. Амма хlукуматалъул чагlазда гьеб рагlичlо, гьезие жидерго хъулухъ ишаздаса щибго ургъел букlинчlо Дагъистаналъул букlинеселъул. Муфтиясги гlалимзабазги ахlи балеб букlараб балагь тlаде бачlана, ва гlемераб гlакъуба нилъедаги бихьана. Щиб гьабилеб — гьединал тlадчагlазе нилъги мустахlикъал рукlун ратила. Вагьабиял мекъал чагlи ругин абун лъазабун чlечlого, Сайидмухlаммад-хlажияс гlемераб данчlваял гьарун, телевизоралдасан бахlсал гьарун, гlалимзабазул фатваби росун, гьезул мурадал къватlир чlвазарулел гlемерал данделъаби гlуцlана. Гьединал данделъабазул хlасил буго дагьабниги жиндирго пикру бугев чиясда къватlиса бачlунеб цlияб жо питна букlин бичlчlана, ва халкъалъулго рокьукълъи бижана вагьабияздехун. Гьелъул хlасил буго доб I999 соналъ Дагъистаналде гъарачагlи кlанцlидал, киналго миллатал цолъун, данде рахъинги, къварилъи ккаразе кlварас кlвараб кумекги гьабун, кинабго рукlалиде ккезе яхl бахъараб. Амма, пайда щибха, Дагъистаналда гlезегlан кьалбал риччан ратана доб унтуца. Иншааллагь, сахлъилеб батила гьелдасаги Дагъистан. Гьединго Сайидмухlаммад-хlажияс лъикlал гьоркьорлъаби гьаруна тlолго исламиял пачалихъазул бутlрузулгунги. Сагlудиязул Гlарабиялъ эхедегlанал хlакимзабазда данчlван, гьес лъазабуна жакъа Россиялда рагъулел ругел гьезул васаз, метер рокъореги рачlунги, добго жо гьабиялда щибго щаклъи гьечlин, нужецайила гьезул рахъ ккогейилан. Гlемерал рукlана гьес гьаризе хlисабалде росарал хlалтlаби. Гьезул бищунго лъикl рагlа-ракьанде щун тlубараб ругин абизе бегьила мажгитал рай ва мадрасаби рагьи. Гьеб бугоха гlадамасул нахъе тараб унго-унгояб ирс. Гьесул нахъе хутlичlо кlуди-кlудиял минаби, бикьун бахъунареб боцlи. Гьес гьаниб тана миллатазда гьоркьоб цолъи, рекъелин бараб ахlи, маслихlаталъе гьарурал ишал, гъункараб динияб идара.

Гьав шагьидги диналъе гlоло къеркьолев вукlаниги, рекъелги маслигlатги дагъистаниязул лъайги адабиятги маданиятги борхизабизе гlумру кьурав чи вуго. Гьев, жиндирго хъизан-рукъалъе гlоло къватlиве вахъун магlишат гьабулаго, гуро чlварав. Гьев къватlиве вахъун вукlана гlицlго Аллагьасе гlоло ислам жиндирго бугеб хlакъикъаталда халкъалда бихьизабизе мурадалда, гьеб нухда гьес гlумруги тlамуна, гьеб нухда гьесда гlумрудул ахирги батана.

МухIамадрасул ГIумаров