ГурхIелалъул гIорхъиги рахIмуялъул роценги букIунареб

 

 

 

  Ахирал соназда дунялалдаго хехаб куцалда цIикIкIунеб буго бусурбабазул гурхIел-рахIмуялъул фондазул къадар. Цо-цо улкабазул бечелъи буго жидеего къваригIунеб къадаралдаса цIакъго цIикIкIараб, хасго кванил нигIматазул рахъалъ. Гьебго заманалда мискинал пачалихъазда лъимал холел руго ракъуца, къечалъ, унтабаз. Ресукъал чагIазе гурхIел-рахIмуялъул кумек гьабизеян бечедал улкабазул лъикIал гIадамал рачIуна мискинал пачалихъазде. Ресукъал чагIазе гьабураб гурхIелалдалъун, бусурбанчияс жужахIалъул цIаялдаса хвасар гьавула живго. Гьединлъидал гьел фондал ккола щивав бусурбанчиясе гурхIел-рахIмуялъул тадбирал тIоритIизе рес кьолеб бакI.

  Гьал къоязда дун дандчIвана кIалбиччанкъоялде Африкаялдаса гIагараб Шамил районалъул ХIотода росулъе вачIарав, ТIолгодунялалъул «Новая жизнь» абулеб гурхIел-рахI­муялъул ассоциациялъул фондалда хIалтIулев МухIамадхIажи

 

— МухIамадхIажи, нилъер гара-чIвари байбихьилин, цIалдолезул дургун лъай-хъвай гьабиялдаса.

   — Дица лъугIизабуна ДГПТИялъул ралел бакIазул факультет. ХIалтIана транспорталъулаб компаниялъул менеджерлъун, хадув логистлъун.

Ункъабилеб курсалда цIалулеб мехалда ячана лъади. Мискинлъиялда ва ресукълъиялда букIана нижер гIолохъанаб хъизам. Гьединал чагIазе гIумру-яшав гьабиялъе букIунеб захIмалъи дида цIакъ лъикI бичIчIула. — Дица лъугIизабуна ДГПТИялъул ралел бакIазул факультет. ХIалтIана транспорталъулаб компаниялъул менеджерлъун, хадув логистлъун. Ункъабилеб курсалда цIалулеб мехалда ячана лъади. Мискинлъиялда ва ресукълъиялда букIана нижер гIолохъанаб хъизам. Гьединал чагIазе гIумру-яшав гьабиялъе букIунеб захIмалъи дида цIакъ лъикI бичIчIула.

 

— ГурхIел-рахIмуялъул кумек гьабиялде сунца вачарав мун?

 

   — Гьабизе жо лъаларого ругел нижер – лъадулги дирги – ракIал гьеб ишалде гьесизаруна Аллагьас. Лъадуца гIуцIана «Отдам, приму в дар» абулеб гурхIел-рахIмуялъул фонд. Байбихьуда нижеца бакIарулаан басрияб, ай ретIараб ретIел-хьит ва гьеб бикьулаан ресукъал чагIазда гьоркьоб. Хадуб гIуцIана «Сабур» абулеб гурхIел-рахIмуялъул фонд. Рес бугел чагIазухъа бакIарараб гIарцудаса пайдаги босун, мухьдахъ ккурал квартирабазухъ гIарац кьезе кумек гьабулаан лъимал гIемерал хъизамазе, гьединго гьезие кьолаан кванил нигIматал.

Цоязе Халикъас кьола бечелъи, цогидазе – лъай, гIакълу, махщел, дие гьеб щвечIо. АлхIамдулиллагь, Халикъас дие кьуна къварилъиялда ругел чагIазухъе гурхIел-рахIмуялъул квер бегьизе бокьулеб, цогидазе кьечIеб гIамал-хасият ва гьеб ишалде гъира. Гьеб хIалтIи дица гьабула ракI-ракIалъ, бокьун буго гIумруго гьелда тIамизе

Социалиял гьиназдасан «Сабур» абулеб нижер фондалъул хIалтIул хIасилал рихьун, «Новая жизнь» абулеб гурхIел-рахIмуялъул ассоциациялъул фондалъул нухмалъулев, чачанав ГIабдулагьица вацапалдасан ралагьана ниж ва ахIана цадахъ хIалтIизе.

 

— Бокьилаан, нужер фондалъул хIалтIул хIакъалъулъ бицани.

 

   — 2016 соналда фонд гIуцIана ГIабдулагьица, жакъаги гьес бажарун гьелъие нухмалъи гьабулеб буго. Фондалъул бетIераб офис буго Франциялда. Фондалъул вакилзаби хIалтIулел руго Северияб Кавказалъул киналго республикабазда, Германиялда, Австриялда, Франциялда, гьединго Африкаялъул ва Азиялъул улкабазда.

Жакъа фондалъ гIумруялде рахъинарулел руго гурхIел-рахIмуялъул цIакъ гIемерал проектал. Гьеб мурадалда нижер счеталде, аслияб куцалда, гIарац битIун бачIуна батIи-батIиял улкабаздаса гьоркьохъеб ресалъул гIадамаз. Хирияб Рамазан моцIалъул хIурматалда фондалде бачIана саламатаб къадар гIарцул.

 Гьелдаса пайдаги босун, нижеца Африкаялда ралел руго мажгитал, мадрасаби, лъадал хIалуцин цIикIкIинабулел сиял, къачIана гъуял. Гьединалго проектал унел руго Бангладешалдаги. Северияб Кавказалъул республиказда, гьединго Дагъистаналда нижеца гьарулел гурхIелалъул хIалтIаби дагьал батIиял рукIуна.

Бищун лъикIаб садакъалъун рикIкIуна гIадамазе лъим чIезаби. Масала, пуланав чияс бараб гъуялъусан гIадамаз лъим гьекъолеб бугебгIан заманалъ гьесие бачIунебго бачIунеб букIуна кири. Гьебги бичIчIун, гIадамаз байбихьун буго жидерго цIаралдаса гъуял раялъе нижер фондалде гIарац рехизе. Масала, Табасаран районалъул Хнов росулъа МухIамадханов абулев чияс фондалъул счеталде рехун бачIана гIарац, жиндир хварай эбелалъул цIарги лъун, Африкаялда гъуй баян гьарун.

Гьениб цо гъуй гьабиялъухъ уна 900-1000 евро. Гьединаб гIарац Африкаялъул росабазул гIадатиял гIадамазда макьилъцин бихьуларо. Гьев табасаранасул гIарцудалъун ба- раб гъуялда тIад хъван буго «Семья Магомедхановы, село Хнов, колодец №2» абун.

 ГIадамаз бачIараб гIарцудалъун бараб гъуялда нижеца цIар лъола «Бисмиллагь, от всех мусульман» абун. Жакъа къоялде нижеца гьениб бана гьединаб 34 гъуй.

Аслияб куцалда фондалъ хIалтIа­ би гьарулел улкаби ккола Нигер ва Бангладеш.

— Кинал тадбирал гьарурал ахираб заманалда фондалъ?

  — Африкаялъул, дурусго абуни, Нигералъул ва Бангладешалъул росабалъ рамазан моцIалъ нижеца тIоритIана 700-1000 чи гIахьаллъарал гIемерал ифтарал. Гьеб гуребги, Нигералъул росабалъ щибаб къоялъ кваназавулаан 200-ялдаса цIикIкIун бецав чи. Рамазан моцIалъ нижеца кваназавуна кинавниги 36 азарго чи.

Африкаялъул росабазул гIемерисел гIадамазул букIунаро кинабгIаги тIаде бачIунеб харж, гьезда лъаларо пенсия, пособие, абулел жал. Гьенир руго цIакъ бечедал ва цIакъ мискинал гIадамал, гьоркьохъеб класс абуни, гьезего гьечIо. ГIадамазул 75-80 процент буго мискинлъи-пакъирлъиялда. Гьезул бечедал чагIазул гIадат гьечIо мискинзабазе кумек гьабулеб. Африкаялъул росабазул гIемерисел гIадамазул букIунаро кинабгIаги тIаде бачIунеб харж, гьезда лъаларо пенсия, пособие, абулел жал. Гьенир руго цIакъ бечедал ва цIакъ мискинал гIадамал, гьоркьохъеб класс абуни, гьезего гьечIо. ГIадамазул 75-80 процент буго мискинлъи-пакъирлъиялда. Гьезул бечедал чагIазул гIадат гьечIо мискинзабазе кумек гьабулеб.

Нигералъул халкъалъул гIага-шагарго 98 процент ккола «хIалакъабго» диналъул бусурбаби. Ни- жеца гьезул росабалъ бана 27 мажгит ва 1176 гъуй, Бангладешалда абуни — 5375 гъуй, гIицIго гьаб соналъул рамазан моцIалда Бангладешалда нижеца гьабизе заказ гьабун букIана 1036 гъуй. Цо лъадал хIалуцин цIи­ кIкIинабулеб си баялъул багьа баху- на 12500 евроялде. Фондалъ Ниге- ралда бана анлъго гьединаб си ва 16 мадраса. Бангладешалъул росабалъ ва Бирмаялдаса лъутун рачIаразул лагералда (кIиго миллион бусурбан- чи) бана 36 мадраса. ТалихIалъ, мугъ рехарал гьел лагеразда ругел чагIазе нижеца гIуцIана ифтарал, гьенире щвезаруна кванил нигIматал. Амма бакIалъул законаз изну кьоларо гьел пакъирзабазе гIарцулаб кумек гьа­ бизе. ЦохIНигералъул халкъалъул гIага-шагарго 98 процент ккола «хIалакъабго» диналъул бусурбаби. Ни- жеца гьезул росабалъ бана 27 мажгит ва 1176 гъуй, Бангладешалда абуни — 5375 гъуй, гIицIго гьаб соналъул рамазан моцIалда Бангладешалда нижеца гьабизе заказ гьабун букIана 1036 гъуй. Цо лъадал хIалуцин цIи­ кIкIинабулеб си баялъул багьа баху- на 12500 евроялде. Фондалъ Ниге- ралда бана анлъго гьединаб си ва 16 мадраса. Бангладешалъул росабалъ ва Бирмаялдаса лъутун рачIаразул лагералда (кIиго миллион бусурбанчи) бана 36 мадраса. ТалихIалъ, мугъ рехарал гьел лагеразда ругел чагIазе нижеца гIуцIана ифтарал, гьенире щвезаруна кванил нигIматал. Амма бакIалъул законаз изну кьоларо гьел пакъирзабазе гIарцулаб кумек гьа­ бизе.

ЦохIо рамазан моцIалъ гьел улкабазул мискинзабазе нижеца бикьана щуго миллионгун лъабнусазаргоялдаса цIикIкIун евро (цо чиясе 100 евро). Гьенир ругел гьоркьохъел харжазул хIисаб гьабуни, гьеб ккола кIиго моцIрол харж. ГIарцулаб садакъа кодобе щведал, рекIел низам биххун лъугьун, гIодула гьел пакъирзаби.

Нигералда кIудияб масъалалъун лъугьун буго Къуръанал щунгутIи ва гьел ричун росизе гIадамазул рес гьечIолъи. Гьебги хIисабалде босун, гьениб нижеца бикьана азаргоялдаса цIикIкIун Къуръан.

— Нилъерго гьаниб гьабичIого, батIиял пачалихъазде ун, дуца гурхIел-рахIмуялъул хIалтIи гIуцIиялъе гIилла щиб кколеб?

   — Россиялда, хасго Дагъистаналда руго гIемерал ва чIахIиял гурхIелрахIмуялъул фондал. Нилъер буго, умумулъанго бачIараб, цоцазе кумек гьабулеб гIадат, мадугьал дуца киданиги вакъун-къечон толаро. Африкаялъулазул цоцада кверчIвалеб гIадат гьечIо. — Россиялда, хасго Дагъистаналда руго гIемерал ва чIахIиял гурхIелрахIмуялъул фондал. Нилъер буго, умумулъанго бачIараб, цоцазе кумек гьабулеб гIадат, мадугьал дуца киданиги вакъун-къечон толаро. Африкаялъулазул цоцада кверчIвалеб гIадат гьечIо.

ГурхIел-рахIмуялъул кумек гьаби буго «цоцаде бахунеб унти» гIадаб жо. РикIкIадаб Россиялдаса рачIун, нижеца кумек гьабулеб бихьидал, Бангладешалъул хIукуматалъул вакилзабиги лъугьана, нижгун цадахъ, чIахIиял ифтарал тIоритIизе. Гьединго Нигералъул цо министралъги гьабуна гьединабго хIалтIи.

    Африкаялда лъим ккола гIумру. Лъим гьечIолъи ккола гьенир гIемерал гIадамал ракъуца холел рукIиналъе бугеб аслияб гIилла. БутIрузда лъун лъел ведрабигун гьезул руччабаз лъим баччула анлъго-анкьго километралъул рикIкIалъиялдасан. ГьабсагIат гьезие рес буго, нижеца рарал гъуязул лъедаса пайдаги босун, росдал магIишаталъул культураби гIезаризе. Фондалъ тIаде босун буго Нигералъул щибаб росулъ цоцогIаги гъуй базе. Африкаялъул пачалихъазул гIадамазул мискинлъиялъул бицани яги видеоялдасан гьеб бихьизабуни, нилъер гIадамал божиларо. ГIемерисезул букIунаро радал кваназе квен, гьезул аслияб масъала ккола къаде кваназе жо балагьи.

   Щибаб къоялъ гьел кваназарун нижеда хIал кIоларо. Гьединлъидал фондалъул аслияб масъала ккола мискинал чагIазухъе ччугIа кквезе гъармахъ кьей.

Нури Нуриев