Ккураб кIал къабул гьабеги! Ифтарал, кIалбиччанкъо ва гьеб гуреб цогидабги

 

 

ХIурматиял «ХIакъикъат» газета цIалулел. Гьале исанаги ахиралде щвана бищун хириял моцIазул цояб, жинда жаниб рахIматалги гIемераб, баракатги гьарзаяб рамазан моцI. КIалбиччанкъоялде столал къачIалел, натIухI къалел, пахъухъ багъарулел, цIурачадазе нису хъурулел, гьаналъхинкIазе гьан буссулел, ай «бищун тIагIамаб пишаялде» руссун ратила гIемерисел. Рагьде рачIарал гIисинал лъималазул къвачIинибе рехизе конфет-чакаралъул нахърател гьабулел ратила цогидал. Лъабабилел магIарухъе ине транспорт балагьулел, ГIидалъул къоялъ умумузул хабаде рахине щвезе, росулъе гIедегIун ратила.

Аллагьас нужер киназулго ккураб кIалги бахъараб сахIги къабул гьабеги. ТIаде-тIадеялъул бачIунеб къоги, гъорлъа чи камичIого, дандчIвалеб батаги киназго. Амин.

 

Ифтаразул гуч

 

Ахиралде щолеб бугеб рамазаналъе нухги битIулаго, аралъул хIисабги бачIунелъул пикруги гьабизе минутал тIаде щолел рукIун, жакъасеб номералда кIалккун моцIалъ республикаялда лъугьунеб-толеб букIаралъул хъвазе хIукму ккана.

Кутакалда ракIгъураб моцI букIуна рамазан. «Рамазан тIаде щолелъул, рагьула алжаналъул каваби ва къала жужахIалъул, гьединго илбисалъул хIатIалги квералги рухьуна. Рамазаналда жаниб бугебщинаб кириги лъикIлъабиги лъалебани инсанасда, гьесие бокьилаан гьеб моцI тIубараб лъагIалица букIине». Лъимерлъудасаго лъалел свалат-салам лъеяв аварагасул хIадисал…

ХIакъикъаталда бицун бажарулареб рекIелгъейги, ракIжубайги, пашманлъиги, рохелги жубараб моцI буго рамазан. Буго гьелъулъ цо гIажаибаб къуват.

Диени бищунго рамазаналъул ахирисеб къо бокьула. ГIага-божаразул хабазде зиярат гьабизе рачIарал гIадамаз цIун, берцинаб чIаголъиги ракIжубайги букIуна гьеб къоялъ росулъ. Бакъаникакдаса рахъун хадуб харабаз бачунеб такбиралъул гьаракь, цоцазул росулел кверал, «тIадеялъул бачIунеб къо рохалида, гъорлъа чи камичIого дандчIвалеб батагиян» цоцазе гьабулеб гьара-рахьи. МаркIачIудехун щибаб авалалда кIалбиччалеб гIужалдехун тIагIамаб кванил махI. Лъимерлъудасаго гьеб сурат хутIана рекIелъ бикIун.

Исанасеб кIалккун моцI ракIалда чIанин абизе бегьила рикIкIен гIемерал ифтараздалъун. Церехун нилъер болмоцIалда гIемер хIалтIизе гьарулел рукIинчIел цIиял рагIабаз щулаго ккуна жиндирго бакI. Ифтарги сухIурги (маркIачIуда кIалбиччай ва кIал кквезе радакь рахъин) кколеб буго гьезул магIна.

Амма жибго сухIуралъул цIакъго къанагIат гурони бицунеб рагIуларо, масала, ифтаралъул гIадин. Радакь рахъине кинавго чиясухъа бажарулеб гьечIолъигIаги батила гьелъие гIилла. Амма ифтаралде нилъер гIадамал цIакъ гъираялда рачIунел руго. Гьеб якъинго бихьана щибаб къоялъ маркIачIул гIужалдехун шагьаралъул мажгитазда цебе бакIарулеб гIаламалъухъ балагьун. Бищун цIикIкIун гIалам данделъана жеги бан бахъун гьечIеб ГIиса аварагасул (гI. с) цIаралда балеб рухIияб централда. КIалккун моцI лъугIизегIан республикаялъул киналго муниципалиял районаз ирга гьабун ифтарал гIуцIана гьенир. Щибаб къоялъ 5000-гIанасев чи кваназавуна. Жидерго районалъул ифтар тIобитIулеб къоялъ бищун рикIкIад бугеб магIарул росулъаги рачIана гьенире гIадамал. АхIулел мавлидалгун нашидалги, рухIиял церехъабаз гьарулел вагIзабиги, белъунеб пловги. ХIасил-калам, гIураб чIаголъи букIана гьаб моцIалъ рухIияб централда. 

23 апрелалда Каспийскиялда, «Анжи-Аренаялда», тIобитIана республикаялъул ифтар. 22000-гIанасев чи вакIарун вукIана гьеб къоялъ стадионалде. Байбихьуда цохIо Каспийск шагьаралъул гIадамалги ахIун гьабизе ракIалда букIараб гьеб, хадуб тIолабго республикаялъулаб даражаялда тIобитIизе ракIалде ккун буго гIуцIарухъабазда.

Тадбиралъе байбихьи лъуна Йеменалдаса гьоболас Къуръаналдаса аят цIалиялдалъун. БитIун тIадбан гьес гьеб цIалулеб заманалда халкъалда гъорлъ цо рагъа-рачари лъугьана, цересел кьерда рукIарал гIадамал варххан тIаде рахъана. Муфти, шайих АхIмад-хIажи вачIунев вихьун тIаде рахъарал чагIи рукIана гьел. «ГIодор чIа, гIодор чIа, дун кIодо гьавурал нуж Аллагьасги кIодо гьареги», — ян абулаго, цадахъ вукIарав гьоболгун, гIодов чIана муфти.

Йеменалдаса гьоболасдаса хадуб сцена ккуна Авар театралъул гIолохъанав актер МухIамад Дудуевасги гьесул гьалмагълъиялъги. СагIудиязул ГIарабиялда букIунеб гIадаб ретIа-къайгун, свалат-салам лъеяв аварагасухъ Мадинаялъул халкъ ралагьун чIун рукIараб куцалъул хIакъалъулъ бицунеб гьитIинабго сценка бихьизабуна гьез. ЦIакъ махщалида хIана Дудуевас гьеб роль. Гьунар бугев чи вуго.

Хис-хисун рачIун, «Кавсар», «Бакълухъ» ва «Нашидул Ислам» къокъабаз ахIулел нашидазги берцин гьабуна тадбир. АнцIгоялдасаги цIикIкIун сон бан букIана «Нашидул Исламалдаса» МухIамадшафи ГIашуровасги ЯхIя-хIажи МухIамадовасги ахIулел нашидал рагIичIого. 2009-2010 соназда цIакъ машгьураб къокъа букIана гьеб республикаялда. Доб мехалъ нашидал ахIулел гIолохъабиги гIемер рукIинчIо. Гьез байбихьи лъунин абизе бегьула. КIиялго гьел ккола МахIачхъалаялъул аслияб мажгита­лъул рукIарал будунзаби. ГIарабазул будунасул гьаркьида релълъинабун, гьез ахIулеб какил гьаракь тIолабго МахIачхъалаялда тIад тIибитIун унаан 15 соналъ цебе. ЛъикIал гIо­ло­хъаби руго. Исламги аварагасул нухги ккурал. ТIабигIаталъ кьураб гьунар, гьаб ракьалъул рокьукъабщинаб, къабихIабщинаб, сурарабщинаб пишаялда гьоркьоб билизе течIого, гIаламго хIайран гьабун, бацIцIадаб нияталъе къурбан гьабурал. Аллагьасул баракатги саламги лъеги гьезда.

Берцинго ахIулел нашидазухъги, имамзабаз, гIалимзабаз гьарулел вагIзабазухъги гIенеккун гьоркьо-гьоркьор сагIтиде балагьун, кIалбиччалеб гIуж кидадай щвелаян сабру хун рукIана гIемерисел. Кин бицаниги, махIниги бигьаяб жоги батиларо, къоялъ ракъунги рукIун, жеги кIал биччазе лъабго сагIатгIанасеб мехги букIаго, гIодоб тIибитIараб кванихъги ралагьун, къулчIулаго хIацIугун, заман инаби.

 

«Нусабго лагаялъ кквезе ккола рамазан моцIалъ кIал»

 

ГIадамазда гьоркьоб дагьабго чIаголъи лъугьана тадбир бачунес МухIамадрасул-хIажи СагIадуевасе рагIи кьедал. Халкъалъе бокьула гьесул вагIзаялъухъ гIенеккизе. Жакъа гIадин ракIалда буго МахIачхъалаялъул аслияб мажгиталъул имамлъун гьев хIалтIулел соназ, гьесул вагIзаялъухъ гIенеккизе гIоло, как ахIизе сагIаталъ цеве рузман къоялъ мажгиталде дунго гIедегIулев вукIараб куц. Цо рузманалда гьес, цогидаб анкьидасан гьесул заместитель Зайнулла-хIажи Атаевас гьарулел камилал вагIзабазухъ гIенеккизе ругьунлъун вукIана. Дун гуревги, тIубараб шагьарго. Сабураб, рекIелъе лъугьунеб гьесул каламалъ дида дунялалда квешлъиги, хIалихьатал гIадамалги, кибалиго чIвай-хъвейги, инжитлъиги, пасалъиги бугеблъи кIочон тун батулаан. Ракьалда тIад цохIо исламги, гьелъул гIорхъаби лъалареб гIатIилъиги берцинлъиги гурони гьечIин абураб пикруялъ ханлъи гьабулаан дида тIад.

Гьедин букIана 10-15 соналъ цебе. Гьебгощинаб заман бан букIана дида МухIамадрасул-хIажи СагIадуевасул вагIза рагIичIого. МахIачхъалаялъул мажгиталъул имамасул хъулухъги тун, муфтиясул тIоцевесев заместительлъун ана гьев цо заманалъ. Гьединго гьев вукIана республикаялъул гIалимзабазул советалъул нухмалъулевги. Гьанже муфтиясул кумекчилъун вуго.

Кидаго гIадин цIакъ щвалде щвараб, бергьараб магIнаялъул букIана республикаялъул ифтаралде халкъ данделъараб бакIалда гьес гьабураб вагIзаги. Щибаб абураб рагIул магIна гьабун, тIубараб мажмугI бахъизе рекъараб кIалъай букIана.

МухIамадрасул-хIажица баркана бусурбабазда ахиралде щолеб бугеб рамазан моцI. Бицана гьелъул пайдабазул, лъикIлъабазул, гьелъ жанире рачун ругел рикIкIен гIемерал кири кIудиял мисалазул.

— Жакъа гьаниве вачIанщинав чиясда кIвелаан гIадатияб къагIидаялъ, рокъор телевизоралда цере нужерго гIага-божаралгун, лъикIаб тIагIамаб кванда нахъа кIалбиччазе. Жакъа гьаниб белъун кьолеб пловалдеги, чанго чадил мочIуялдеги хьулги лъун рачIун ратиларо нуж гьанире. Нуж киналго гьанире рачIана динцоял вацалги яцалги цоцада рихьизе бугеб ресалъ, цоцазда гьоркьоб гьуинлъи, вацлъи щула гьабизе бугеб нияталъ ахIун. Нилъеца кигIан гIемерал кIалал ккуниги, гIибадат гьабуниги, гьелъул щибниги мунпагIалъи гьечIо, цоцазда гьоркьоб гьуинлъиги ракIжубайги гьечIони.

Рамазан моцIалъго гIадин, алжаналъул каваби рагьула щибаб итни ва хамиз сордоялъ. Нилъер лъикIал гIамалал къабул гьаризе къачIан рукIуна малаикзабиги. Амма свалат-салам лъеяв аварагасул хIадис буго, гIумруялъ гIибадатги гьабун, кIалалги ккун ругел кIиявго диналъул вацасул лъикIаб гIамал къабул гьабуларила, гьел цоцалъ барщун ругони. ТIадегIанав Аллагьас амру гьабулила малаикзабазде, гьел кантIуларищали бихьизе, гьезие дагьалъ заман кьейилан. Гьеб мехалъги рекъезе гьез ният гьабичIони, гьезул лъикIаб гIамал къабул гьабуларила тIадегIанав Аллагьас. Гьедин буго хириял диналъул вацал, свалат-салам лъеяв аварагасул хIадисалда. Гьанже нужецаго пикру гьабеха, къад къоялъ кIалги ккун лъикIаб гIамал гьабулелинги абун, Аллагьасда цереги рукIун, цоцазда гъорлъ гьуинлъи гьечIони, нилъер кIалазулги гьабураб гIибадаталъулги хайир букIинищали. Цоцалъ рекъон ругел гIадамазул разиял гьурмаздаса берцинаб жо щибха букIинеб? Гьединлъидал дица гьарула нужеда цоцазда гъорлъ берцинго, лъикIлъиялда рукIаян. Гьадинги хIалуцараб ахIвал-хIал буго улкаялдаги, улка тун къватIибги. АхIвал-хIал лъикIаб гьечIо. Кинабго жо хиралъулеб буго. Гьаб дандекъараб, къваридаб ахIвал-хIалалда гьоркьор нилъго рукIине бегьуларищ ракI разиго, рохун, цоцазе кIвараб кумекги гьабун?

Гьединго дие цоги абизе бокьун буго цохIо кванидаса инкар гьабун, кIал ккун ругилан рукIарал гIоларо нилъ рамазан моцIалда. Киналго лугбаз буго кIал кквезе къваригIун. Гьереси-гъибаталдаса, чороклъиялдаса, зинаялдаса нилъерго лугбал цIунизе къуват кьеги нилъее киназего. Гьеб ният нилъер загIиплъугеги кIалккун моцI лъугIун хадубги. Рамазан моцI унилан, ричча-рихъан, ургъел кIочон, мунагь-хатIаялде ракI гьесулеб хIалалъ рукIине бегьиларо нилъги, нилъер нусабго лагаги. Аллагьас тавпикъ кьеги тIоцебе диеги, хадуб нужееги битIарб нух кквезе, щайтIанги рекIелъа бачахъизе. Ассаламу гIалайкум, варахIматуллагьи вабаракатугьу, — ян лъугIизабуна МухIамадрасул-хIажица вагIза.

Жиндасаго хадуб кIалъазе рагIи кьун, сценаялде гьес ахIана Татар­стан республикаялъул муфти Камил-хIазрат Самигуллин. Нилъер республикаялде гIемер щолев гьобол вугин, цIакъ берцинаб рецц-бакъ гьа­бун, адабалда къабул гьавуна МухIамадрасул-хIажи СагIадуевас гьев сценаялде.

Жидер доба абулин ахIичIого вачIарав гьоболасдаса квешав чи цохIо татарав гурони вукIунарин абун. Гьединлъидал гIемерав щваниги, ахIичIого жив Дагъистаналде вачIунарилан махсараги гьабун байбихьана Камил Самигуллиница кIалъазе. ЦIакъ кIалъазе махщел бугев чи вугоан. Бихьулеб букIана чанго ба­кIалда цIалун, исламияб лъай камил гьабурав чи вукIин. 2003 соналда МахIачхъалаялъул МухIамадгIариф-афандиясул цIаралда бугеб Северияб Кавказалъул исламияб институталде цIализе лъугьун вукIун вуго гьев. ЛъагIалица гьенивги цIалун, 2003-2007 соназда цIалун вуго Стамбулалъул «ИсмагIил агъа» мадрасаялда. Википедиялда хъвараб жо уяб батани, 2017 соналда цохIо гьев вукIун вуго Россиялда ругел муфтиязда гьоркьов Къуръан рекIехъе лъалев хIафиз.

ЦIакъ берцинаб, магIна гъваридаб вагIза гьабуна гьес «Анжи-Аренаялда».

Бищун ахиралда гIадин кIалъазе рагIи кьуна республикаялъул муфти АхIмад-хIажи ГIабдулаевасе.

Дагьав кватIун вугониги, Каспийскиялда букIараб кIудияб ифтаралде вачIине заман батана республикаялъул нухмалъулев Сергей Меликовасдаги.

«Нашидул Ислам» къокъаялъул хIаракатчи МухIамадшафи ГIашуровас, маркIачIул какги ахIун, киназго кIал биччана. Кваналел гIадамал рукIаго, салюталги кьвагьана. Цо-цо тIокIрорчIарал мисалалги камуларелъул, гьеб квагьа-гIанхъи гьабиялъул щибго магIнаги букIинчIо гьениб.

 

Умумузул кIалбиччанкъоялдаса ракIалдещвей

 

Гьаб макъала лъугIизабизе бокьун буго, умумузул биценазда рекъон, некIо магIарухъ кIалккун моцI ва гIидалъул къоялъул тIагIам кинаб букIарабали ракIалде щвезабиялдалъун.

Эбелалъ бицунаан гьелъиеги кIудияй эбел Париханил ПатIиматица бицараб цо гьадинаб хабар.

Гьанжеялдаса 100-125 соналъ цебе, нартичирахъал гурони гьечIеб заманалда, гIадамал тIаде рахъинаризе унаанин жиндир эмен, мунагьал чураяв Ахкул МухIамад.

Бухулаго резил тIарсгун: «Гьан тIамулел тIаде рахъа, тIех буцулел дагьалъги чIа, чIагIа бугес дунги ахIе, гьо, гьо, гьо – гье -гье, гьа- гьа», — янги ахIулаго, радакье гIужалъ росу сверулеб букIун буго гьес.

ЦохIо лахIзаталъгIаги гьеб заманалде ине рес букIарабанищин ккола дида гьеб хабар ракIалде щванщинахъе… Гьелдаго цадахъ цIакъ хьул лъола умумузул кIалбиччанкъоялъ столалда тIад букIунеб букIараб тIагIамалъул эбелалъ дие бициндал. Гьанже гIадин, гохI гьабун, гIе­мерисеб нухалъ лъицаниги хIал­бихьичIого толел торталгун пирогал гуреб: натIухIги, пахъухъги, хъухъан­чадалги, гьоцIоги, цIурачадалги, урбаги, беччараб чедги букIунаанин цебе кIалбиччанкъоялъ хIадурун. Гьанже лъил рокъоб гьединаб тIагIам батулебали нужецаго нужее кье суал. Нагагьлъун жаваб щвани, нижехъе, редакциялдеги битIе.

Ашахан Юсупов