Лъукъа-къотIараб гIадат

 

  Коронавирусалъ циндаго хисизабураб кIудияб дунял, къаси-къалъи гьечIого цивилизация гIуцIулеб инсанияталда цебе лъунщинаб масъала. Макьилъгицин бихьани хIикмалъулеб хIалалъ хисараб гIумруялъул гIуцIиялде ругьунлъизе ккун руго нилъги.

   Росдал гьоцIиб сухIмат, сухIматул горсверулъ хьвадулаго ахIулел кучIдул, гIолохъабаз ирга­ далъ цоцахъе бегьулеб тIамур, ясазул сверулъа биччалеб бакъан. Цебесеб бертадул тартиб тIубан цебечIезабизецин кIочонеб буго нилъеда. БахIарав викъи, бахIарай яхчи, гIакIа къотIи, лъидаго рихунареб махсара, гьарзаго чед, бахъухъгун натIухI, гьангун гьагIу — рихьдае гIоло гIуцIичIеб тепси. Заманаялъул гьураз лъукъа-къотIун шагьаралъул банкетазул залазде гочун букIана гьеб, росдаего рохел кьолеб гьайбатаб гIадат. КигIан гIемерал ругониги, банкетазул залалги кквезе ккола гъоркьлъалие гIарацги кьун, чанго моцIалъ цебеккунго.

 

«ХIатIикь дарай тIаме, васасул эбел…»

 

   Цогидал рахъалго гIадин, заманаялъ хисизабуна бертин тIобитIиялъул къагIидаги. Дагьал соназ цебеги рикIкIунаан эстрадаялъул машгьурал кочIохъаби гIахьаллъараб бертин бищунго цIакъаблъун. Жидер берталъ Махаева йикIанила, Кристина, ХIажилав рукIанилан бицунаан цIаруе. Гьал ахирал соназ бертин гIуцIулаго цогидаб рахъалде кьезе байбихьана кIвар — цIакъаблъун рикIкIунеб буго миллияб къагIидаялъ ретIакъарал гIадамал гIемераб бертин. Гьеб рахъ бечед гьабула жидерго росу-ракьалъул маданияталъул гьунарчагIаз, фольклоралъул коллективаз.

  Цо-цо гьанжесел бертабалъ рагIула церегIан соназ бахIаразулъ ахIулел рукIарал кучIдулги:

Вай, нижер бахIарав, нижер бахIарав,

Росу данде къалев гIарцул къадиро.

 Исхъалидулъ гIурав, гIарцулъ хьихьарав,

Лочнол бусадаса хоно босарав…

****

Вай, нижер бахIарай, нижер бахIарай,

Нодо маргъалулай, гъал меседилай.

Чоде яхунелъул эбел гIодарай,

ГIодой рещтIунелъул якьад йохарай.

 

«Дагьал цIекIлъулел гьечIищ?»

 

    Хъизаналъул бетIерлъуда рос вукIунин рикIкIаниги, гьанже бертин ва хвел нухда бачиналъул иш руччабазе бокьухъе букIунеблъиялъе мукIурлъула жалго бихьиналгицин. Исана риидал банкетазул залал къай кIудияб масъалалъун лъугьана ригьнаде хIадурлъулезе. ЦIиял гIорхъичIваяз бертин тIобитIиялъе батIи-батIиял нухал ралагьизе тIамуна гьел.

Хадижат, социалияй хIалтIухъан:

   «Росас жиндирго багьаяб машинацин бичизе ккана исана васасул бертин гьабизе гIарац гIечIого. Банкетазул залал къаян абун хIукуматалъул лъазаби баккараб заман букIана гьеб. ЦIакъго багьаяб залги ккун букIана нижеца. Жеги гIезегIанго тIадеги кьезе ккана гьенибе. Законалда дандеги чIун, жидее хIинкъигун биччалеб бугин нужер бертинин гIиллаби ратана залалъул бетIергьабаз. ТIадбан сухIмат унеб заманалъ рачIана халгьабулел идарабазул гIадамал, гьезиеги гIарац кьезе ккана. Росасе росулъ тIубазабизе бокьун букIана васасул ригьин, дунго данде чIана гьесда. ЦIакъ рекIекълъана».

Мариям, лъималазул тохтур:

    «Цо роценго гьечIеб, гIорхъолъа араб буго нилъер гIадамазул бертин ва цогидаб тадбир гьаби. Къец бан, цоцаздаса бергьине хIаракат бахъулеб буго сундулъго. Роддомалдаса лъимер къватIибе бачиналъул тIубараб церемония буго, ургьибго лъимер васищ-ясищали лъарабгоцин байрам-хIисабалда буго халкъалда рагIизабулеб. Бертабалъ кIалъазе рахъунезул рецц-бакъалъул гIемерлъи. Лъиего кеп щоларел, кIалъанго бажаруларелги гIадамал цере ахIун чIамучI гьабула. МагIарулазул бертабалъ букIараб гIадатцин гуро гьеб. ЦIакъго бажари бугев тамадаяс нухда бачунеб, магIнаялда гIуцIараб бертадул сурат рекIелъ хутIула, хутIараз бетIер унтизабула.

ХирапатIимат, юкъарухъан:

   «Ригьин гьабиялъул цIакъго гIорхъолъа рорчIарал гIадатал раккун руго. Ясалъул рагIи щвей, баргъич бай, чумадан кьей кIодо гьабун тIубараб бертин гIадаб жо гьабулеб буго банкетазул залазда. АскIосеб гIагарлъи гьенире чIорогоял квералгун ине бегьуларо, кигIан рес гьечIезги кьезе кколеб буго гIарац. Цоги жоялде регIулеб хIал гьечIо, налъукье лъугьунги бер- табазул «намус» тIубазабулаго щибго нахърател хутIулеб гьечIо нижерго лъималазе ригьин гьабизе. Дагьалниги гъурщал тIокIлъилародаян ниж Дагъистаналдаса Москваялде гочана. Доба гIумру гьабулаго бихьулеб буго нилъер гIадатазул тIасанккей».

 

ГIарац чвантинибго хутIана

 

ХIалимат, мугIалим:

    «Августалъ вацасул васасе ригьин гьабизеян лъикIаб зал ккун букIана нижеца, хасалого гъоркьлъалие гIарацги кьун. Бертаби гьукъараб мехалъ гьабизе дарман лъугIун рукIана. ЦIикIкIаразул гIакълуги гIадахъ босун, росулъ гьабуна бертин. Бицун божиларо, киналго рази хутIараб куц. Рокъоб гьитIинабго мавлид ахIана, тIабигIаталъул гIатIилъуде рахъун сухIматги гьабуна. Росуго чIаголъанин рукIана хараби роххун. Банкетазул залалда къваригIуна цIакъго чIухIараб ретIел, цо берталъ ретIун би- хьараб цогидалъубе ретIине бокьуларелъул. Гье- динго, тIабигIаталда хIажалъуларо гъол чIухIун къачIарал кьер-кьерал, багьа хириял нигIматал. ХIасил- саламатаб гIарац чвантинибго хутIана. ТIабигIаталда бертин гьабиялдаса пашманлъарав чи дандчIвачIо исана. МагIарухъ гIумру гьабулел рукIана аман гьарун банкеталъул залал цIехон шагьаразул рагIаллъаби сверулел, шагьаралда ругелин абуни росабалъе рачIана бертаби тIоритIизе».

ПатIимат, тукадул бетIергьан:

   «Гъоркьиса дица васасул бертин гьабуна «Марракеш» залалда. Гьелъул ижараялъухъ, богогьабазул хIалтIигун цадахъ, 500 азарго гъурущ ана. Кинабго цадахъ рикIкIани, ай квана-гьекъей, музыкантал — цо миллионгун анкьнусазарго ккана. Нижер букIана гьоркьохъеб даражаялъул бертин. Дагьабги бер- цинго гIуцIаразул кIиго миллионалдаса цIикIкIунги гIарац уна. Дир росас лъазабуна, нилъер хъизанрукъ беццун, цIекIал кIалъаял гьарулел чагIи цере риччагеян. Нилъеда баркизе рачIаразе разияб ихтилатги тепсиги гIуцIеян лъазабуна гьес дида. Гьединго росас гьукъана гIарац бакIарулеб ящик лъезеги. Кьурдизе рахъиндал, бахIаралдеги дидеги банаха гIадамаз гIарац. Росдал ясал рачIана миллияб ратIлил формагун. Гьез цIакъ берцинлъиги кьуна нижер тадбиралъе. Амма магIарухъ, гьоцIиб гьабуралда бащалъуларо кигIан цIакъабги залалда гIуцIараб бертин.

    Исана нижер росулъ рохьил майданалда къачIан буго чIахIиял тадбиразе санагIатаб бакI. Щибаб росдаца бегьилаан жидерго жамагIаталъе гьединаб бакI гьабизе. Дагь-дагьккун гIадамаздаги бичIчIулеб бугин ккола бертаби магIарухъго тIоритIиялъул хайир букIин. Росдай цIилъиги буго, рукъалъе экономияги буго».

 

Адабгун гIадат

 

Асият, богогьан:

   «Рес бугездаги гьечIездаги лъималазул ригьин жиде-жидер росабалъ тIубазабизе бегьилинго кколеб букIинчIо. СухIматгьекъел исламалъ гьукъараб букIиналъе мукIурал росабазул гIадамал, жамагIаталъул гIайибалдаса хIинкъун, шагьаралде уна сухIмат гьабизе. Гьенибего доб жамагIатги бачIуна.

   Аллагьги динги шагьаралдаги магIарухъги хиси гьечIеб букIиналдейищ ургъуларел. Гьеб кIигьумерчилъи гурищ? Исламалъул къагIидаялъин абунги гьарула бертаби шагьаралъул залазда. Гьенир нашидал ахIулел, вагIза гьабулел чагIи рукIуна, амма гIадамал гIенеккуларо. Гьеб гурищ адаб гьечIолъи. Бусурбабиянги рукIун, цо роцIинго гьечIо нилъер гIамалалъул».

Фатима, исана ригьнаде арай медуниверситеталъул студентка:

  «Нижер росулъ цебего тана сухIмат, гьекъел-мехтел бугеб бертин гьабулеб къагIида. Руччабазеги бихьиназеги тепси батIибатIияб бакIалда тIибитIула. КIиябго бакIалда гьукъун гьечIо ихтилат, рекIелгъей гьабизеги, амма бихьиналгун руччаби батIа-батIаго. Рихьдае гьабулеб жо нижер росулъ нагагьги букIунаро.

    Дие бокьичIо прокаталъе бахIаралъул хъахIаб горде босизе. ЛъикIал устарзабаз букъана дие хъахIаб дараялъулги гордеги, нижерго умумузул къагIидаялъул бахIаралъул ретIелги. Эбел-инсул рокъоса миллияб ратIлилъ ана, бахIарасул авалалде щведал, доб хъахIаб дараялъул гордеги ретIана. Гьединго, кьерилаз гIажаиблъи гьабулеб букIана дица гьурмада косметикаги бахинчIого, прическа гьабичIого теялда. Дие бокьана нижер бертин араб къагIида, кинабго гIуцIун букIана, ,росдал лъикIал гIадаталги цIунун, исламалъул адабги течIого».

   Нусазарилал ижараялъе кьун рукIарал банкетазул залал чIорого руго гьанже. ГIезегIан заралги ккана гьеб ишалъул гIадамазе. Гьездаго цадахъ хайир дагьлъун батила музыкантазе, кочIохъабазе. Кин батаниги, буго гьеб киналъулъго лъикIаб рахъги.

ПатIимат ГЬИТIИНОВА