ВатIанцоязулгун бухьенал щула гьарулеб закон

 

    20 апрелалда «Дагъистан» РИАялда тIобитIараб пресс-конференциялда бицана Россиялъул гIорхъи бахун къватIир ругел ватIанцоязул рахъалъ дагьалъ цебе бахъараб ДРялъул законалъул хIакъалъулъ.

    Гьелда гIахьаллъана миллияб по­литикаялъул ва диниял ишазул ми­нистр Энрик Муслимов, Россиялъул МИДалъул МахIачхъалаялда вугев вакил ГIамирхан МухIамаддадаев, «ВатIан» ассоциациялъул нухмалъулев МухIамад МухIамадов.

Гьеб закон къабул гьабуна исана 25 марталда. Гьелъ квербакъизе буго нилъер заманалда гуребги, советияб власталъул яги пачаясул заманалда­го Дагъистан тун къватIире гочарал ракьцоязе кумекалъе гIуцIулел тад­биразе (рахьдал мацIалгун маданият цIунизе батаниги, нилъергун бизнес гьабизе къваригIаниги).

    ГIамирхан МухIамаддадаевас би­цана РФялъул даражаялда гьединаб закон 1999 соналдаго къабул гьабун букIанилан.

    Гьелдаса нахъе 22 сон ин­дал бахъаниги, нилъее гьелъул хIажалъи бугинги абуна гьес. Амма МухIамаддадаевасул щаклъи буго кколеб куцалда гьеб хIалтIизе букIиналда. Масала, гьесул пикру­ялда рекъон, гIасрабаз, чанго анцI-анцI соназ къватIисел пачалихъазде гочарал нилъер гIадамал умумузул ракьалде тIад руссине гьечIо.

   -Дун МИДалъул вакиллъун вугеб щуго соналда жаниб цохIо чIужугIадан кIалъана нижехъе жин­дие РФялъул гражданлъи гуреб, «вид на жительство» къваригIун бугилан. Сириялда чIарай дагъи­станияй йикIана гьей. Австриялда цIалулел жиндирго лъималазухъе Россиялдасан ине бигьа букIиналъ тIалаб гьабулеб букIун буго гьелъ «вид на жительство, -ян бицана ГIамирхан МухIамаддадаевас.

    Цинги Энрик Муслимовас мухIкан гьабуна законалъул магIна ватIанцоял тIубанго нилъехъего тIадруссинари гурила, гьелдалъун рес бугила культуриял, экономики­ял, медицинаялъул, туризмалъул ва цогидалги бухьенал щула гьаризе.

 

З. ХIАЖИЕВА