Декларация къабул гьабуна

 

    Республикаялъул Расул ХIамзатовасул цIаралда бугеб Миллияб библиотекаялда тIобитIана ДРялъул Лъай кьеялъул ва гIелмуялъул министерствоялъул данделъи. Гьелда гIахьаллъана ДРялъул Халкъияб собраниялъулги ЖамгIияб палатаялъулги вакилзаби, министрал, вузазул ва профессионалияб лъай кьеялъул идарабазул нухмалъулел, муниципалитетазул лъай кьеялъул управлениязул нухмалъулел ва жамгIиял гIуцIабазул вакилзаби.

 

   Данделъи рагьана ДРялъул хIукуматалъул председателасул заместителасул ишал тIуралев Анатолий Карибовас. Гьес абуна 2020 соналда, улкаялда коронавирусалъул унти тIибитIун букIаниги, «Лъай кьей» абураб миллияб проектги цогидал программабиги гIумруялде рахъинариялъул мурадалда министерствоялъ гIемераб хIалтIи гьабунин абун.

   Данделъиялда кIалъана министралъул ишал тIуралей Уммупазил ГIумароваги. Гьелъ бицана 2020 соналда гьабураб хIалтIул хIакъалъулъ. «Лъай кьей» ва «Демография» абурал проектазда рекъон, Дагъистаналда бана 3600 цIалдохъанасе бакI бугеб 14 школаги 1430 лъимадуе бакI бугеб 14 ясли-ахги. 2021 соналда бан бахъинабизе ккола 8710 цIалдохъанасе бакI 16 школа ва 7670 лъимадуе бакI бугеб 45 ясли-ах. Гьелде тIадеги, цогидал программабазда рекъон, балеб буго 6774 цIалдохъанасе бакI бугеб 24 школаги 1199 гьитIичасе бакI бугеб 15 лъималазул ахги. ХIажат буго къокъаб заманалда жаниб хIалтIизе байбихьизе ругел гьел идарабазда санагIатал шартIал гIуцIизе: хIалтIухъабаздалъун хьезаризе, лъай кьеялъул программаби хIадуризе, нормативиялгун правоялъул документал къачIазе», – ян бицана министралъ.

    Бицана ЕГЭялъул хIасилазул хIакъалъулъги. «2020 соналда лъабго проценталъ цIикIкIана киналго экзаменазда 80-ялдаса цIикIкIун баллал щварал цIалдохъабазул къадар. ГIемерлъана 100 балл щварал цIалдохъабиги – 56 чиясе щвана 100 балл. Гьелдаго цадахъ, жеги гIемер руго бищун дагьаб баллцин щвечIел цIалдохъабиги: 2019 соналда вукIана 5687 цIалдохъан, 2020 соналда — 5514.

   Хашал хIасилал ккана республикаялъул 155 школалда. Хал гьабуна гьелъие ругел гIиллабазулги: нухмалъулезул пайда гьечIолъи, кадрабазул масъалаби, дагьал комплектазулаб школа букIин, материалияб рахъалъ мукъсанлъи. ХIадурун буго щибаб школалъе кумек гьабиялъул методика ва чIезарун руго кураторал.

   Гьеб иш, ай школалъе кумек гьаби, тIад къан буго Дагъистаналъул Лъай кьей цебетIезабиялъул институталда. Гьебго мурадалда, «БукIинеселъул учитель» абураб проекталда рекъон, 2020 соналда рагьана кIиго центр: «Лъай кьеялъул даражаялъе къимат кьолеб» ва «Гьоркьоса къотIичIого учителасул лъай кьеялъул профессионалияб махщел камил гьабиялъул». 2021 соналда гьел центразда кумек гьабизе буго 5000 учителасе», – ян бицана У. ГIумаровалъ.

    Хасаб кIвар кьуна министралъ классалъе нухмалъи гьабиялъухъ чIезабураб гIарац заманалда кьезе ккеялдеги.

   Данделъиялъул ахиралда къабул гьабуна 2021 соналде цере лъолел ругел масъалабазул хIакъалъулъ декларация.

    Гьелдаса хадуб учительзабазе кьуна шапакъаталги. Гьединазда гьоркьове ккана Гъуниб районалъул Агъада росдал школалъул учитель Ш. ДибирмухIамадовги.

   Дагъистаналъул Руччабазул союзалъул председатель Интизар Мамутаевалъ Уммупазил ГIумаровалъе кьуна «ВатIаналъул ясал» абураб Россиялъул Руччабазул союзалъул орденги.

    К. СУЛЕЙМАНОВА