Дагьалъ цеве ДРялъул бетIер Владимир Васильев дандчIвана РФялъул президент Владимир Путингун. Гьезул гара-чIвариялъул хIакъалъулъ республикаялъул СМИязул журналистазе бицана ДРялъул экономикаялъулгун территориалияб цебетIеялъул министр ХIажи СултIановас.
— ГьабсагIаталда къимат кьолеб буго улкаялъул субъектазул нухмалъулезе. Гьелъул хIасилалда, ай чIел босараб регионалъе кьезе буго премия – фондалда буго 50 млрд гъурущ. Гъоркьиса республикаялъе щун букIана 650 млрд гъурщил грант. Исанаги хIасилал квешал гьечIо, гьединлъидал хьул буго грант щвеялде», — ян бицана министрас.
Гьес абуна, президентас рагIи кьунин Азербайжаналъулгун Чачан республикаялъул гIорхъабазде щвезегIан г1ат1идаб шагьранух бахъиялъе кумек гьабизе.
МугIрузул ракьал церетIезариялъе кIвар бугеб рахълъун ХI. СултIановас рехсана социалиябгун инженерияб инфраструктура гIуцIи.
— МугIрузул районазда ралел руго школал, школалда цебесеб лъайкьеялъул идарабазе минаби, къачIалел руго нухал ва бачунеб буго лъим. Гьеб кинабго гьабулеб буго В. Васильевасул тIадкъаялда рекъон хIадур гьарурал «Дир Дагъистан – дир лъим», «Дир Дагъистан – дир нухал» ва Дир Дагъистан – санагIатаб шагьаралъул сверухълъи» абурал проектазул кьучIалда», — ян бицана гьес.