Тохтур Заирал къисматалъул къиса

Инсул талихIалда расен угьарай

 

Гьел рукIана гьанжего гьанже, доб вахIшияб унти гIодобциндал, къватIире рахъине гIадамазе рес щварал къоял. «ХIакъикъат» газеталъул редакциялъул хIукму ккана гIумруялъе кIиабилеб хIухьел кьурал тохтурзабазул хIакъалъулъ хъвазе. «Баркала, тохтур» абураб проект хIалтIизе лъугьана газеталда. Ва тIоцее дун щвана МахIачхъала шагьаралъул лъималазул больницая­лъул бетIерав тохтур Абусупян Абакаровасухъе. Гьенийго дида ятана бадиса бакъ баккарай гIадай берцинай яс. Гьабуна лъай-хъвай — Заира йикIун йиго Абусупянил яс. Гьесие захIматаб доб заманалда Заира къойил щолаан больницаялде.
— Дун йихьидал, дадае бигьа­лъулаан хIалтIи. Дица бащдал ургъелал гьесда тIаса росулаан. Гьеб унти сах гьабулел тохтурзабазул кьеразулъ йикIинчIониги, дица ралагьулаан инсул гьурмаде гьими тIад буссинабулел рагIаби. Дихъ гIенеккидал, гьесул рекIее гIажаибго бигьалъиги лъугьунаан, — илан абуна Заираца.
Бахиллъизе бачIана инсулги ясалъулги талихIалда ва гьезул букIараб гьуинаб гьоркьоблъиялда.
Гьелдаса нахъего бокьун букIана дие Заирал хIакъалъулъ хъвазе.

Бищунго къиматаб сайгъат —
лъимералъул гьими

Гьадин малъана Заирада инсуца. Хасго гьелъул магIна гьелда бичIчIана хвелалъ гIумруялда тIад бергьенлъи босулел къояз. Унтараб лъимадул нахъ буссинабураб гIумруги каранде къан, хIасратлъун вукIунаан Абусупян гьелъул гьимиялъухъ. Заирада гьеб, гьайгьай, цIакъ гъваридго бичIчIула. Гьейги хIалтIана 18 соналъ республикая­лъул гIемеррахъазулаб лъималазул больницаялда. РукIана макьу тарал чанги сардал. ГIумруялдаги хвалдаги гьоркьор ругел лъималги, гьезухъ гIащикъго, тохтурзабазде божилъигун ралагьун чIарал улбулги — гьел лахIзатал рукIана цIакъго къваридал. Кинаб рохелха букIинареб тохтурасе, хвалдаса борчIараб гIумруялъ лъимералъул гьурмада рахъулел расенал рихьараб мехалда. Гьединал лахIзатал гIемерал рукIана Заира Абакаровалъул гIумруялъулъги.

Цин — лъикIай инсанлъун, цинги — лъикIай тохтурлъун

ГьабсагIаталда Заира Абакарова, тIадегIанаб категориялъул тохтур, хIалтIулей йиго «Целитель» клиникаялда эндоскопиялъул ва функционалияб диагностикаялъул отделениялъул заведующаялъун. Гьей хIалтIизе кколей йиго лъабго тIубазегIан. Амма УЗИ-аппарталда лъезе гьелъухъе рачIунезул ирга халатаб букIунеб буго. Гьеб гьедин букIин бихьана дидаги. ХIалтIул къо ахиралде щолеб заманалда гьение щваниги, гIурабго заманалъ чIезе ккана, гьелъухъе рачIунел лъугIизегIан. Киназего гьимизеги къуват гIолеб бугоан гьелъул. Гьадинги къваридал унтаразул, тохтурги гьимичIони, щиб хIалха букIинеб. ЛъарагIлъиялда гьаюниги, гIуниги, гьурмадаса магIарул сси лъугIичIей, гIаданлъи биларазул рагIдукье ккечIей, йихьарайго рекIелъе йортун арай, гIадатлъиялъул тIагIам черхалдаса лъугIизе гьечIей, гьурмада бакъ рещтIарай, гьеб бакъул чIораз унтаразул гIумру каранде къалей — гьеле гьединайлъун йихьана дир беразда Заира Абакарова.
— Дир яс, цин лъикIай инсанлъун, цинги лъикIай тохтурлъун йикIа мун — гьеле гьеб букIана дие инсуца гьабураб тIоцебесеб малъи. Гьелъ дие гьабунщинаб кумек, гьелъ дун хвасар гьаюнщинай, — илан абуна Заираца.
ХIакъикъаталдаги Заира йиго гIажаибго хIикматай тохтур.
— Лъималазул больницаялдаса «Целителалде» ячIиналде, дица лъугIизабуна хирургиялъул рахъалъ интернатура. Дида лъалеб букIиндал дица лъураб диагнозалда бараб жо унтаразул гIемер букIунеблъи. Гьеб буго гьезул къисматалъул суал. Гьединлъидал ургьимесалъул УЗИ гьабилалде, дида лъазе кколаан хирургияги, — йилан бицана Заираца.
Гьенибго дие бокьун буго бицине хIикматай тохтуралъул хIикматаб гъутухъалъулги. Гьелъул кабинеталъуе лъугьиндал, дида бихьана бокIнида лъураб столги столалда тIад кIудияб гъутухъги. СандукIиланцин абизе бегьилаан гьелда. Дир пикру буссана гьелде. Лъалеб букIинчIо гьеб сундуе къваригIунеб жояли ва щиб гьелда жаниб бугебали.
Амма сандукIалъ жинцаго рагьана дие жиндирго балъголъи — гьеб параялъ Заирахъе рачIана гIолохъанай эбелги гьитIинай ясги. Гьей хех гьабун сандукIалде аскIое ана ва гьелда квалквадизе лъугьана — рагьана гьебги ва гьениса росана жиндиего рокьулел гьуинал нигIматал. Цинги бичIчIана дида кинабго — гIисинал унтарал аппараталдаса хIинкъичIого рукIине, гьел реэдизе ва гIодичIого рукIиналъе гIоло Заираца ургъараб сихIру букIун буго гьеб. Гьей гьитIинай ясги кIиабилеб нухалда ячIуней йикIун йиго Заирахъе.
Гьеле Абусупян Абакаровас жиндирго ясалъе-тохтуралъе кьурал гIумруялъул дарсазул хIасил.

Заирал гIумруялъул дарсал

Дидаса чанго соналъ гьитIинай йигониги, Заираца дие кьуна гIумруялъул дарсал.
Республикаялъул лъималазул больницаялда хIалтIулеб заман гьелъ ракIалде щвезабулелъул, дица гьелда гьикъана инсул цIаралъ кумек гьабулеб букIарабищилан цебеги гьабсагIаталдагийилан. Гьей цин елъана, цинги бицана:
— Больницаялда хIалтIулел гIе­мерал соназ дица дирго инсул цIар (отчество) бахчана, хъвалаан гIадат­го Заира-врачилан абун. Бокьун букIа­на кинабго дирго махщалидалъун гьабизе. Гьесул яс йигилан чIухIдаризе дун лъугьун йикIарайани, жакъа дир тохтур лъугьинароан. Кинабго дицаго, инсул кумекги гьечIого — гьеле гьединаб букIана дица дидаго цебе лъураб мурадги. Гьелдаго аскIоб гIолохъанлъиялъул гIамал кIодолъиги букIун батиларищха. Абиларо дица инсул кумек щвечIилан. Щвана. Гьес дида малъана тохтурлъиялъул балъголъаби, амма киданиги малъичIо жиндирго цIаралдаса пайда босизе. Инсуца дие зама-заманалдасан кьолаан гIумруялъул дарсал. Гьел гьанжеги гьоркьоса къотIуларо. Щибаб дарс — цIияб гIакълу. Гьанжеги дица хъвала Заира — узист, — илан бицана Заираца.
Инсул хIурматияб цIаралда тIад хIур хъвазе течIей, гьесул дарсазе мукIурай, мугIрузул законазе мутIигIай, хъахIаб халгIаталъул къадру цIунизе бараб гьаялъе ритIухъайлъун хутIарай.
— ГьедигIан гьайбатай, тIаса­бищараб хIалтIуе сардазул макьу кьолей, гIумруялдаса рахIат тIалаб гьабуларей, къисматалъ кьуралда разияй унго-унгояй магIарулай, махщел камилай тохтур Заира Абакаровалда сверухъ женжедулеб жахIда букIунарищилан абураб букIана дица Заирае кьураб кIиабилеб суал.
— ЖахIда кибго камулеб батиларо. Амма дида ккола гьел дида сверухъ гьечIилан. Ратаниги, дица гьездеги гIайиб гьабуларо. Гьенибгицин дица хIаракат бахъула гьел ритIухъ гьаризе. Цо жо бичIчIизе ккола нилъеда — бигьаяб хъулухъ батиларо жахIдачилъи. Дида ккола гьезие цIакъго захIмат букIунеб батилилан, гьезул жахIдаялъул къорикье ккараздасагицин. Гьезда гурхIизе ккола нилъ. Ва гьелдаго цадахъ ТIадегIанасе реццги гьабизе ккола нилъго гьединал рижун ратичIолъиялъухъ — гьале гьадинаб букIана дир суалалъе Заираца кьураб жаваб.
Гьеле гьединай гIадатияй, гIа­дан­лъи цIикIкIарай магIарулай, ЧIарада районалъул Мугурухъ росулъа Заира Абакаровалъулгун лъай-хъвай ккеял­даса йохана дун.