Свакараб гьимиялъ дандчIвай гьабуна

Унго-унголъунги, гьеб букIана свакараб гьими – гIумруялде бугеб гIищкъуялъ свине жиб течIеб. Бугониги, гьелъ тIад буссинабураб божиги хьолбохъго рещтIун бугоан. Тохтурасул гьурмада бугеб гьеб гьимиялъухъ кIваркьун ялагьидал, цебе бачIунеб букIана, дунялалъего «саламги» кьо­лаго, гIаламги бихха-хочизе гьабулаго, гIумруялда кIалги гьикъулаго, тIаде бачIараб унти. Унха — гьимиги релъиги свакан букIана. Гьеб бицунеб букIана гьелдаго хьолбохъ кIусун букIараб пашманлъиялъул нуралъги. БукIаниги, дун къабул гьайизе къуватги гIуна гьелъул. БетIерав тохтурасул бицунелъ­ул, дица цеве чIезавулев вукIана согIаб хасияталъул, хъачIаб гIамалалъул бихьинчи. Щибха лъалеб, гьединав ватизеги бегьула гьев, хIалтIулги унта­разулги ургъел тIаде бегарав, МахIачхъала шагьаралъул № 1 больницаялъ­ул бетIерав тохтур ХIажимурад Малаев. Жегиги хIалуцинги лъугIичIеб, къоялдаса къоялде гьанжеги унтаразул къадарги цIикIкIине лъугьараб ме­халда, цохIо тохтурасухъа гурони бажарулеб батиларо жиндихъе рачIаразе гьимизеги рекIел хIал бахчизеги.

 

 

Сундасанха байбихьилебиланги абун, гьев лъугьана унтул ва гьел­де данде къеркьеялъе больницаялъ­ул коллективалъ гьабураб кIудияб хIалтIул бицине.

 

Китаялда унти багъарун буги­лан рагIаралдасаго, ХIажимурадил рекIее рахIат букIинчIо. Гьесда лъа­леб букIана тIирабигIаги щвечIого хутIизе гьечIеблъиги. Амма лъидани­ги ккун букIинчIо, гIорхъи бахун гьа­нибехун щваниги, унтуца гьадигIанго кьабгIи щвезабилилан. Россиялъул цо-цо регионазде гьелъ гьужум гьа­бизе байбихьидалги, дагъистаниязул хьул букIана гьелъ гьоркьор телилан. Гьезие божизе бокьун букIинчIо, жи­дехъеги гьеб щвезе букIиналда. Амма республикаялъул киналго больница­би хIадурлъулел рукIана ахIичIеб гьо­болалда «дандчIвай» гьабизе. Аслияб къагIидаялда унтарал къабул гьари­зе рукIана шагьаралъул №1 больни­цаялъ. Ургъизе заман букIинчIо. ХIажимурадида бичIчIулеб букIана жинде тIаде бегараб бакIаб ургъа­лил гьир баччизе цIикIкIараб къуват къваригIине букIинги. Больницаялъ­ул киналго хIалтIухъабиги цолъун лъугьараб букъараб заргун ана гьел хвалде данде.

 

Республикаялъул Сахлъи цIуниялъул министерствоялъул тIадкъаялдалъун больница хIадур букIана унтарал къабул гьаризе. Ва щвана Дагъистаналде кьогIаб хабар – ну­хаздасан жиндихъе кквезе щвараб гIумруги бецулаго, бачIараб гьелда ракIалда букIинчIо я гIисиназда, я гIолилазда, я цIикIкIараб гIелалда ба­рахщизе. Гьелъие батIалъи букIинчIо — хвалил кумекалдалъун гьелъие бо­кьун букIана гIумру чIинтIун рехизе. ХIажимурадица бетIерлъи гьабулеб больница лъугьана республикаялъул аслияб госпитальлъун — гьеб хIадур букIана азарго унтарав къабул гьа­визе.

 

 

Ва гьалдана хIалтIи госпиталалда…

15 абилеб апрелалде хIадур гьа­бун букIана 250 унтарасе бакI. Жеги анкьидасан — 750 унтарасе бакI. Гьел рукIана цIакъ захIматал, гIумруялъе кIиабилеб хIухьел кьезе тохтурзаби хIудурун чIун ругел къоял. АнцIго къоялда жаниб гьабураб хIалтIи, абизе бегьула, тохтурзабазе бащалъ­ана тIубараб лъагIалидаго. Къой­илго тIоритIулел рукIана мастер- классалги, тохтурасул хасаб партал ретIине-бахъизеги ругьун гьарулел рукIана тохтурзаби. Унтаразул къа­дар цIакъго цIикIкIиналде, кинал­го тохтурзабазе щвана коронавирус сах гьабизе хIадур ругилан абурал сертификаталги. ТIадеги киса-кире­го чIезаруна компьютералги. Гьеб букIана унго-унгояб бахIарчилъи — байбихьуда жидее бокьарал гу­рони багIараб зонаялде ритIулеб рукIинчIеб гьеб заманалда, цониги тохтурас инкар гьабичIо.

 

— Гьеле доб Дагъистаналъул хал­къалъул цолъиги, къохIехьейги, хIинкъи гьечIолъиги. Гьел лахIзатаз дир рекIелъ букIанщинаб рохелги чIухIиги. Дие кидаго бокьулаан би­дуца бахIарчилъиялъги яхIалъги хъвараб тарих бугеб нилъерго халкъ. Гьаб нухалъги къисматалъ кина­зего рес кьун букIана цо кибалиго бахчун хутIун бугеб лъикIаб яги квешаб гIамал борчIизабизе. Гьеб заманалда дида лъилниги цониги квешаб гIамал бихьичIо — киналго хIадурго чIун рукIана унтаразухъе гIумру тIад буссинабиялъе хIалтIи гьабизе. Дида ракIалде ккола дуня­лалъулго гIадамаз ва пачалихъаз цо­цазе гьабулеб букIараб кумекалъул квербакъиялдалъун унти нахъе къа­ниланги. Гьелъулъ гурищ букIараб ва бугеб нилъер къуват. Дир щивав хIалтIухъан мустахIикъав вуго би­щунго тIадегIанаб рецц-бакъалъе. Гьел гьединал лъикIал ратичIелани ва рукIинчIелани, щибдай дица­ги гьабизе букIараб. Дида цIакъго лъикI бичIчIана инсанасул къадру­ялъул гьабизе кколеб бугеб адабалъ­ул багьаги. Гьел къояз дир батIияб мурад букIинчIо – дир ракI бохи­забулеб букIана, унтараз дир боль­ница тIасабищулеб бугин рагIараб мехалдаги. Гьеб гурищ тохтурасул унго-унгояб, захIмалъабиги къеза­рулаго, къойил тIезе ккараб гIетIалъ лъалъараб талихI. Дир яцги цIакъго захIматаб хIалалда унтун йикIана. Хвалдаги гIумруялдаги гьоркьой йи­гей гьелде тIаде къулун, ракI биунеб букIана дир. Рокъоселги дица кве­шалде хIадур гьарун рукIана. Гьейги цогидалго унтаразда цадахъ гIаммаб палатаялъуй егун йикIана. Амма цо къоялъул цо параялъ дида ракIалде ккана, киналго унтарал руччаби дирго яцаллъунги ккун, киназего дагьабги тIаде кумек гьабизе, гьаби­зе щибго жо нахъе тун гьечIониги, гьелдаго цадахъ ТIадегIанасда гьар­дезеги. Цо кинабалиго гьаракьалъ дида абулеб букIана, киналго ун­таралго гIадин, дурго яцги унтун йигилан ракIалдеги ккечIого, гьел киналго унтарал дурго яцалъул бакIалда лъейилан. Ва цо гIажаибаб къуват бачIана чорхолъе. Аллагьасул кумекалде лъураб кIудияб хьулалъ­ги дилъго борчIараб цо къуваталъги кIун батила дида унтарал сах гьари­зе, — йилан бицана ХIажимурадица.

 

 

Жиндирго хIакъалъулъ щиб суал кьуниги, гьес коллективалъул би­цунаан. Гьебги ккола жавабчилъи цIикIкIараб хъулухъалда вугесул жиндирго хIалтIухъабаздехун бу­геб адабалъулаб бербалагьиялъул гIаламат.

 

Унтаразул къадар цIикIкIиндал, гIолел рукIинчIо тохтурзаби. Гьеб мехалдаги хIалае ратана Дагъи­станалъул медуниверситеталъул чIахIиял курсазул студенталги по­ликлиникабазул тохтурзабиги. Лъи­даниги я гьаризе, я абизе кколеб букIинчIо. Киназго хIалтIи гьабулеб букIана, жидеего бокьун.

 

 

Гьел моцIаз больницаялда рагьун букIана кислородалъул 500 точка. Гьелъул жаваб кьолеб чи вукIана больницаялъул хIалтIухъан ХIасан. Гьес бахъараб хIаракаталъул бицун­го бахъинаро. Гьел моцIаз, цогидал хIалтIухъабаздаго гIадин, гьесдаги хъизан-рукъ бихьичIо. ХIасан кив вугевилан гьикъун бахъиналде, гьев аскIов ватулаан. Гьел къояз киназул­го мацIалда букIана гьесул цIар.

 

Гьел захIматал къояз жидее кумек гьабуразул хIакъалъулъги бицана ХIажимурадица. Газеталда рехсогей­илан гьес абуниги, диего бокьана са­хаватал дагъистаниязул хIакъалъулъ цоги нухалда киназдаго лъазе.

 

Масала, дагъистаниязда лъалев, гIадамазе кумек гьабун гIумруялъго свакачIев Дербенталъул чогърол заводалъул директор МухIамад СагIадулаев. Гьес гIарцудалъун гьабураб кумек бахун буго лъаб­го миллионалде. Гьелде тIадеги анцIго миллионалде росун руго ме­дицинаялъул алаталги. Россиялдаго машгьурав ракьцояв Сулейман Ке­римовасги бачIун буго больница­ялде къваригIунеб медицинаялъул гIемераб къайи-къоно. Гьес кьураб гIарцуда тIаса киналго тохтурза­базеги ва больницаялъул цогидал хIалтIухъабазеги ХIажимурадица кьун буго премия. Гьанибго рехсезе бокьун буго «Каспий» санаториялъ­ул ва «Журавли» сахлъи щула гьа­биялъул централъул нухмалъулелги. ГIали Ибрагьимовичас ва МухIамад ХIабибовичас цIакъго лъикIал шартIал чIезарун руго больницаялъ­ул хIалтIухъабазе хIухьбахъиялъе.

 

 

Къисматалда рещтIараб

нурлъун батаги

 

ХIажимурадие больницаги боль­ницаялъе ХIажимурадги гIадин, цо­цазе рокьичIони, хIалтIи гьалдолеб батуларо. Гьедин букIинчIебани, больницаялде щварав Москваялъул Коммунаркаялъул бетIерав тохтур Денис Проценкоца абизе букIинчIо бахиллъанин жив ХIажимурадида, гьадинаб коллективгун хIалтIизе рес бугевилан абун. Щвараб ша­пакъатги бицана ХIажимурадица – гьесие щун буго республикаялъул бетIерасул ва хIукуматалъул адми­нистрациялъул нухмалъулев Ива­новасул цIаралдасан ХIурматалъул грамота. Амма бищунго кIудияб ва къадруяб шапакъатлъун гьес рикIкIунеб буго анцI-анцI унтарасе цIидасанги сайгъат гьабизе кIвараб гIумруялда рещтIараб нур. Биччанте ХIажимурадил къисматалъул нухаз­да даим кенчIезе гьеб нуралъул гван­гъарал чIорал.

 

Гара-чIвариялъул ахиралда ракIалде щвана гьесда жиндирго хIакъалъулъги дагьа-макъабго цIехезе.

 

 

ХIажимурад Малаев ккола ЧIарада районалъул Кьорош ро­сулъа. Гьавуна ва гIуна Гъиргъизи­ялда. 1976 соналда гьезул хъизан го­чана Дагъистаналде.

 

ХIажимурадица 1982 соналда лъугIизабуна ЧIарада районалъул ЦIуриб росдал гьоркьохъеб школа. Гьелдаса хадув цIалана Дагъиста­налъул медуниверситеталда, гье­нибго лъугIизабуна ординатураги. ГIемерал соназ хIалтIана медунивер­ситеталда медреабилитациялъулаб кафедраялда.

 

2008 соналда гьес рагьана «Синтез -М» абураб медицинаялъул центрги.

 

 

2013 соналда гьев тIамула МахIачхъалаялда бугеб больница- грязолечебницаялъул бетIерав тох­турлъун.

 

2018 соналда нахъе ХIажимурад Ма­лаев хIалтIулев вуго МахIачхъала ша­гьаралъул №1 больницаялъул бетIерав тохтурлъун. Гьев ккола тIадегIанаб ка­тегориялъул тохтур. Гьединго гьесие щвана «Дагъистаналъул мустахIикъав тохтур» абураб цIарги.