50 соналъ росдае хъулухъалда

Гьанжего-гьанже 20 сон барав гIолохъанчи вукIана МухIамадов Гъазилав, Буй­накск шагьаралда медучилище­ги лъугIизабун, Шамил района- лъул Дагъбаш росдал медпун­кталде хIалтIизе вачIиндал. Расги бигьа букIинчIо гье­сие я ток, я автомашинаялъе нух гуреб, цин хIалтIун, цин чIун букIунеб телефоналъ­ул бухьенги чамгIалаб росулъ хIалтIизе. ХIалтIул хIалбихьиги букIинчIелъул, кинабго лъутIа- къотIизе кколаан гъалатI кко­ларедухъ.

 

Жакъа 70 сонил борхалъуде вахиндал, араб гIумруялъухъги гьабураб хIалтIухъги балагьун, Гъазиласул чIухIизе ресги буго. Кинха букIинареб, ахираб 30 со­налъ росулъ ккечIелъул лъимер яги лъимаде йигей чIужугIадан хвеялъул цониги хIужа.

 

Бищунго аслияб жо, росдал жамагIат цIакъ рази буго Гъази­ласдаса.

 

 

Гьанжени алжан бугилан абула гьес. Росулъе машина хьвадула, «хехаб кумекалъул» тохтурзаби рачIуна, мобильнияб бухьен буго. Гъоркьиса рагьана росулъ акушер­каялъул штатги.

 

Дунялалдаго тIибитIараб коро­навирусалда бан росулъ щиб хIал бугебилан цIехедал, гьес абуна жидеца коронавирус росулъе къа­зе биччачIилан.

 

— Къана росулъе нух, виччачIо щивго чи. Гьелъ пайдаги кьуна. Кинабго рахъалдасан кумек щва­на бегавул ГIумархIажилги, — ян бицана Гъ. МухIамадовас.

 

 

Гъазиласул хIакъалъулъ цIе- хедал, гьадин бицана ЦРБялъул бетIерав тохтур Ибрагьим Хали­ловас:

 

— Гъазилав ккола райцентарал­даса бищун рикIкIад бугеб мед­пункталъул заведующий. Чанго моцIалъ цеве дунгоги щвана гьени­ве. Медпункталъул хIалтIи лъикI гIуцIун буго. ЦохIо коронавирус росулъе биччачIолъиялъухъги баркала кьезе бегьила гьесие, — ян.

 

 

Гъ. МухIамадов ккола росдал хиси гьечIев депутатги, чанго со­налъ тIубана гьес «Советский лесхозалъул» парткомасул секре­тарасул хъулухъги, руго гIемерал шапакъаталги.

 

Бищун аслияб жо, гьев вуго ин­санасул хIажалъиги къварилъиги бичIчIулев инсан.